text
stringlengths
121
51.8k
Ахираб заманаялда дир mp3-плеералда жанир раккана некӏсиял магӏарул кучӏдул. Гьанже маршруткаялда радал хӏалтӏуде унев мехалъги релъедал нахъе вуссунев мехалъги дун гӏенеккулаан Муи Хӏасановалъда, Мухӏамад-тамир Синдикъовасда, Сидрат Меджидовалъда. Цо-цоял дун лаълел гьимулаан, жидеда бичӏчӏулеб гьечӏин - дуе "Раммштайн" ва Земфира гӏеннеккизе бокьулаан цебе, гьанже мун магӏарул некӏсиял кучӏдуздасан кайф босуле вугилан. Вахӏ, щай бичӏунареб? Цоялъ цоялъе квал-квал гьабулеб гьечӏо гури.
- Закир, цо лъагӏелалъ цебе дуда ракӏалдецин букӏун батиларо дудаго цадахъ хӏалтӏулев вукӏарав, дурго гьудул-гьалмагъ, пиша цояв Гӏабдулмалик Ахӏмадиловасул цӏаралда бугеб тӏоцебесеб премия дуе щвелилан. Кинаб пикру бугеб дур гьеб лъугьа-юахъиналда сверун?- Дун воххун вуго гьеб шапакъат дие кьуралдаса. Амма бокьилаан жакъа Гӏабдулмалик нилъгун цадахъ вукӏине. Араб заманалда гьесул хӏаккъалъулъ бицине ккезе вугиланги ракӏалда киданиги букӏинчӏо."Хакъикъат" газеталдаги, практика лъугьун хадуб, хӏалтӏизе чӏана Гӏабдулмаликица агитацияги гьабун. Жакъа дида магӏарул мацӏалъ цо кин-букӏаниги хъвадаризе лъала. Гьелъухъ дица баркала кьола цохӏо мунагьал чураясе. Хасго гьесул эбел-инсуеги кьезе къваригӏун буго баркалла гьез гьединав вас гӏезавуралъухъ. Чанги нухалъ Маликгун ккун букӏана гара-чӏвари щай гьев Дагъистаналда чӏун вугевиланги абун. Дида лъалаан гьесухъ чанги кагъат бачӏунаан Германиялъул пачалихъияб бищун тӏадегӏанаб иадара Бундестагалдаса жидехъе хӏалтӏизе вачӏаилан. Дица гьесда цӏехолаан щай мун гьениве хӏалтӏизе унаревилан, щай гурелъул я Дагъистаналдаги, я Россиялдаги гӏемеразе гьединал кагътал рачӏунарелъул. Гьеб дир суалалд Маликицица гьимизеги гьимун абулаан жиндирго гӏагараб улкаги тун цойги пачалихъалде ине жиндие рекӏее гӏоларилан. Дагъистаналда гӏемер ругоан дол цо гӏурус мацӏалда "ура-патриоталин" абурал гӏадамал. Гьезда цӏехони "Щай дуе Ватӏан бокьулеб?"-илан гьезул жаваблъунги букӏуна: "Нилъер руго кутакал мугӏрул, гӏасиял лъарал, нилъерго тарих" ва гь. ц.
Цо нухалъ хӏалбихьезилан дица гьеб суал Маликие кьуна. Гӏодовги вичан, щибго кьерги гьурмал хисичӏого гьес кьуна гьадинаб жаваб: "Дун ина нахъе гьаниса, мун ина нахъе гьаниса, цойгидалги ина. Хадуб лъица нилъерго маданиятги, магӏаруллъиги цӏунизе бугеб? Лъица нилъер мацӏ цебетӏезабизе бугеб, лъице цӏогьораллъун рахъарал чиновникабазе ва гӏемерго эркенлъи щварал милиционеразе жаваб кьезе бугеб?" Малик вукӏана жиндирго росдалги, Дагъистаналъулги ургъел бугев чилъун. Гьединал дагъистаниял жакъа къоялъ гӏемер гьечӏо.- Дуда лъалаха мунагьал чураяв Гӏабдулмаликица кьучӏ лъураб гьаб "Сугъралъ" газеталде дос дос кьолеб букӏараб кӏваралъул. Лъала, гьесул букӏараб гӏаданлъиялъе гӏоло гӏоло, нуж киналго къаламцоял гьаб газеталъе кумек гьабизе хӏадурал рукӏинги. Щиб суал борхани, кинаб цӏияб рубрика гьаниб гьабунани тӏбазе кӏвелаандай нилъеда досул анищ?- "Сугъралъ" гӏадинаб газета цойги гьечӏо Дагъистаналда. Цониги районалда гьечӏо гьелда релъараб газета. Дие гьеб Гӏабашица щвезабула ва дица гьеб тӏубанго цӏализе хӏаракатги бахъула. Цӏияб рубрика кинаб къваригӏилеб? Бокьилаан газеталда Маликида хурхараб рубрика рагьине. Жиб-жиб номералда гьенир хъвазе бегьула гьев чӏваялда хурхараб расследование кин унеб бугеб ва гь. ц. Мацӏ цӏуниялда хурхараб рубрика бачинеги бегьула, щай абуни гьанже ругел гӏолилазда магӏарул мацӏ бицинегӏаги лъалеб гьечӏо, мацӏалда жанир гӏурус рагӏаби гӏемр хӏалтӏизарулел руго. Дунгун цадахъ Сугъралъ росулъан лъабго чи вукӏана, Гъуниб районалъул цогидал росабалъан ункъго. Гьел анкьго цадахъ цӏалулезда гьоркьосан магӏарул мацӏалда "буго-гьечӏо" гурони бицине лъалеб букӏинчӏо. Нужер газета интересаб буго амма гӏолилазул хӏакъалъулъ цодагьго гӏемер хъванани лъикӏ букӏине батила, газета цӏалулелги гӏемерлъила.
Дир тӏуразе гьечӏел анищал, кагътида тӏад киданиниги рачӏине гьечӏел пикраби, цӏализеилан росарал ва цӏаличӏого тарал тӏахьал – тӏаса лъугьа...
Фонетикиялъулаб абундачРагӏана гьаб лъугьа-бахъин цо чӏарадисесул хъизаналда лъугьанилан. Рукӏун руго гьал чай ххулел. Гитӏинав Мухӏамадица халат бахъун "гьорррр-гьорррр"-илан ххулеб букӏун буго чай. Эбелалъ цинги бахъун васасде абун рагӏула:- Я дир вас, Мухӏамад! Дур гьеб ххуялъул халалъи гӏаги щиб! Цӏияб абиВа бана гӏазу ва биана сразу.
Гьаб блог гьадин рехун тезехъин ракӏалдани букӏинчӏо, амма гъалатӏ кканаха. Гьанир раккулелгӏаги рукӏаралдай щалниги? Рукӏинчӏелъиялда щаклъигӏаги гьечӏоха. Гӏурус мацӏалда бачунеб блогалдани жиб-жиб къоялъ хъвай-хъвагӏаял гьаризе хӏаракат бахъула. Гьанибги мех-мехалдаса ваккизеги ккела. Ракӏалда буго анкьида жаниб лъабгогӏаги нухалъ гьанир постал лъезе. Квербакъайгиха.
Араб соналъул август моцӏалъул ахиралда Цӏумада районалъул Тӏинди росдал администрациялъ туристал Гӏаддало-шухгел магӏарде рачана. Гьанир лъолел руго сапаралда рахъарал тӏаса рищарал суратал (суратал "гӏонкӏкӏочалъ" мерхьани, гьел кӏодолъула. Тӏинди росдал некӏсияб авал. Тӏиндадерица бицухъе, росдае буго гӏага-шагарго 700 сон. Лъар бахунаго сапарчагӏазул машина свана лъар бакьулъ. Тӏабигӏаталъул берцинлъиялъ киналго хӏикмалъизаруна. Россиялдаго бищун борхатаб метеостанция "Сулак-высокогорная".4165 метралъул борхалъи бугеб Гӏаддало-шухгел мегӏер. Сапарчагӏазда гьоркьор рукӏана машгьурал тохтурзаби, химикал, журналистал ва гь. ц. Цӏорол мегӏер. Гьанисан байбихьула Аваргӏор. Акнада росу. Гьаниб хутӏун буго щуго цӏараки (25 чи).
Экономикияб форумалдагун терроралда тӏасан пикрабиРихьдае ва ххвалие гьабулеб ишалда гӏурусаз абула "потемкинские деревни" ралел ругин. Григорий Потемкин абулев чи вукӏун вуго гӏурус пача Екатерина кӏиабилелъул божарав чи. Россиялъ турказухъа Крымалъул рагӏаллъи бахъарабго улка сверизе яхъарай пачаялда бихьизе Потемкиница пача унеб нухлул рагӏалда росабазда релълъарал кагътил макеталъул минаби сокӏкӏунел рукӏун руго. Пачагун карета иргадулаб бакӏалде щвелалде гьелго макетал гочинарулел рукӏун руго цойги бакӏалде. Гьеб букӏана тӏадегӏанай пача жиндир улка-ракьалдаса разилъизе гьабулеб хӏалтӏи. Гьелдаса хадуб бижана гӏурусазда гьоркьоб ххвалие ва рихьдае гьабулеб хӏалтӏуда "потемкинские деревни" ралел ругин абураб кици. Гьабсагӏаталда Дагъистаналда унеб буго федералияб централда бихьизе "Потемкинил росаби" раялъул хӏалтӏи. Амма гьеб буго нилъеего, кавказалъулазе, хасиятаб къагӏидаялда гьабулеб. Аслияб къагӏидаялда тӏадчагӏаз Москваялъул ва гьалбадерил гӏаданибе бугӏулеб пикру буго гьаниб террор гуреб, лъикӏаб, парахатаб гӏумру бугин абураб. Амма гьелъ дагъистаниязул гӏумру лъикӏлъулеб гьечӏо, лъикӏ бугел ххвелал концертаздаги, фестивалаздаги, форумаздагилъун гьаруниги. Къокъ гьабун абуни, республика гуро - тӏубараб ВДНХялъул павильон буго. Иш квеш гьечӏо – кӏиго чи гурони чӏвачӏоГӏемерисел гӏадамаз чвердон хадуб черхалде махӏ гьуинаб лъим, дезодорант речӏчӏизабула. Цо-цоязин абуни, чвердезе кколеб бакӏалда, гӏетӏул махӏ чӏвазе речӏчӏизабула гьеб. Амма гӏемерисеб мехалда гьелъ кӏиябго махӏ жубараб жо лъугьуна. Гьединаб асар гьабула терактазгун фестивалаз ва форумаз Дагъистаналда. Северияб Кавказалда ихтиярал кодосев президентасул вакил Александр Хлопониница форумалда абуна: "Северияб Кавказалъул республикабазда гӏумру гӏадатияб къагӏидаялда унеб буго, ралел руго цӏиял предприятиял", - ян. Гьеб форум тӏобитӏулел къояздаги гӏадатияб ахӏвал-хӏал букӏана. Щибниги цӏияб жо букӏинчӏо. Радалго унеб букӏана хасаб операция, гьелда цеве чӏван вугоан цо полициялъулав ва ратун руго цӏиял изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразул бакӏал, ярагъ. Изну гьечӏого яргъид гӏуцӏаразе изнугун яргъид гӏуцӏараз гӏакъубаби кьолел руго законалда данде ккечӏониги. Кигӏан власталъ гӏумру лъикӏлъулеб букӏин бихьизабизе хӏаракат бахъаниги, гӏетӏул махӏ тӏагӏине чвердечӏого дезодорантал пунхъаниги гӏумру лъикӏлъулеб гьечӏо. Нахъойги Дагъистаналда гӏумруялъул роценлъун хутӏулеб буго иргадулаб кьвагьиялъе лъураб тротилалъул къадар. Дагъистаналъул бетӏер Мухӏа-мадсалам Мухӏамадовас рикӏкӏунеб буго республикаялда цере ругел масъалаби цадахъго роцӏцӏине кколин: террор лъугӏизабиги, инвесторал гьанире ахӏиги. Президентасул анищазда лъилниги дагӏба гьечӏо, гьеб кинабго анищаллъун хутӏиялде гурони. Олимпиялъул цӏадуца къезабулеб террор"Рохьилазе" гӏагараб заманалда ахир лъелин абулеб буго тӏадчагӏаз халкъалда. Терроралдаса нилъ бергьунел ругин рукӏуна иргадулал рапортал - гьезул 300 чи гурони хутӏун гьечӏин. Амма гьелгун къеркьезе реххулезул къадар къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунеб буго. Амма кинго бичӏчӏуларо рохьилазул къадаралда цадахъ щай къуваталъул хъулухъазул гьелгун къеркьеялъул даража гӏодобе кколеб бугебали. Щай цӏикӏкӏунел ругел диван гьечӏел къисасалги рикъулел гӏадамалги. Гьезул хӏакъалъулъ цохӏо рохьилаз гуреб, гӏадатияб халкъалъ рагьун бицунеб буго. Махӏачхъалаялъул посталда ахиралда гьабураб кӏудияб теракталъул хӏакъалъулъ хъвалеб буго блоггераз. Гьеб посталда ругел полициялъулазда чанго нухалъ лъазабунин гьенир щаклъизе бачӏунел гӏадал машинаби ругин.
Хадуб загьирлъана гьеб теракт гьабизехъин букӏиналъул информация полициялъулазухъе цебего щун букӏин. Амма щибниги гьабун гьечӏо гьеб гьукъизе. Чачаналдаса Дагъистаналде реххарал рагъулал къуватазда сверухъги гӏемерал харбал тӏиритӏана Дагъистаналда. Бищунго тӏибитӏараб пикру буго Владимир Путиница Сочиялъул Олимпиадаялде Кавказалъул республикабазда терроралъе ахир лъеян амру кьун бугин абураб. Кадровияб политикаялъулъ "Калашников" Масала, терроралъе ва "рохьилазе" ахир лъела гьел аскараз. Щиб, гӏицӏго "рохьилазищ" квалквал гьабулеб бугеб гьанире инвестициял рачӏиналъе? Щибаб моцӏ иналде чӏвалел журналистал, рухӏиял церехъаби, тӏадегӏанал хъулухъчагӏи – гьел чӏвай-хъвеязулъги гьезул гӏагарлъиялда "рохьилалищ" рихьулел ругел? Гӏемерисеб мехалда гьел такъсиразул лъалкӏаз тӏадегӏанал хъулухъчагӏазул кабинетазде рачунел руго. Гьел руго тӏалъиялъул масъалаби. Дагъистаналда хъулухъчагӏи рищулеб ва толеб алатлъун лъугьана Калашниковасул автомат. Тӏалъиялда хиса-басиял лъугьунел руго гӏицӏго иргадулав хъулухъчи чӏван тахбакӏ эркенлъарабго. Батӏайиса тӏалъиялда хиса-басиял гьарулел механизмал гьанир жеги хӏалтӏулел гьечӏо. Хъулухъазда жакъаги руго 90 абилел соназда пачалихъ бикъа-хъамурал чагӏи. Гьезул нухмалъиялъ кепказде бичана республикаялъул магӏишат жидедаго гьоркьоб. Дагъистан тункана къватӏибе бахъизе захӏматаб хьуцӏилъе. Кинаб экономика ва цебетӏей лъугьинеб гьеб хьуцӏилъ кьучӏ лъураб республикаялъул? Коррупциялъул гӏорхъаби гӏадан хӏинкъулел гӏорхъабаздаса ун руго, амма федералияб централда гьелъулъ кинабгӏаги хӏинкъи бихьулеб гьечӏо. Нилъеда ракӏалда бугогури Махӏачхъалаялъул мэрасе Путиница кьураб суал: "Где деньги, Зин?", живго премьерас абун букӏана Махӏачхъалаялъе биччараб гӏарцул къисмат жинда лъалин кибе арабали. Хӏасил? ... Дмитрий Медведевас хӏеренго бичӏчӏизабулеб букӏана Дагъистаналъул президентасда хъулухъал ричиялдаса хӏалтӏиго лъикӏин. Гьениса бихьулеб буго нилъеда масъала цохӏо мэрасулъ ва республикаялъул бетӏерасулъ гьечӏеблъи. Масъала буго федералияб централъул ва регионазул гьоркьорлъабазул ва иргадулал рищиязул урнабазулъ ратарал гьаркьазул къадаралъулъ. Щиб цӏикӏкӏунеб бугеб Дагъистаналда? Монополиялда данде чӏараб хъулухъалъ (ФАС) судалде гӏарза битӏун букӏана промышленносталъул, энергетикаялъул ва бухьеналъул министр хъулухъалдаса ватӏа гьавизе ккеялда хурхун. Аслияб гӏайиб министрасде гӏунтӏизабун букӏана газ бачиналъул тендеразда пачалихъалъул гуреб кӏиго фирма гӏахьаллъизе тунгутӏиялъ. Контракт хъван буго живго бетӏергьанаб фирмаялъулгун. Законалда рекъон, судалъ хъулухъалдаса эркен гьавизе кколаан министр. Амма нилъер гьанир хӏукмаби къотӏула гӏицӏго судиясда бичӏчӏулеб "ритӏухълъиялъул" нухда. 12 азарго гъурущ гӏакӏаги къотӏун тана министр. Нужеца гьикъила – рес бугищ гьел чиновниказулгун бизнес гьабизе? - ян. Буго. Гьеб бизнесалъул бетӏергьаби жалго чиновникал ругони. Гьединлъидал Дагъистаналда цӏикӏкӏунеб буго чиновниказул къадар. Инвестициялги цӏикӏкӏунел руго. Терроризмалда къеркьолезул къадар – щибаб къоялъ. Коррупциягун къеркьей – цӏоб гьечӏого. Цохӏо дагьлъулеб жо буго эркенаб пикруялъул, лъикӏал къасдазул, ритӏухъаб хасияталъул ва бихьинаб гӏамалалъул дагъистаниязул къадар. Лъиеха гьелъул ургъел бугеб?
"Щивлъун вукӏинев?" ва "Кинавлъун вукӏинев?" абурал суалал жакъасеб Дагъистаналда жаваб батичӏого халат рахъун хутӏуларо. Мисалал гӏунги тӏокӏ руго. Амма суал буго гьездаса кинал тӏаса рищилел абураб. Нилъеда лъала дагьабниги тарбия щварав гӏадатияв магӏарулас пикру гьабила инсанлъун, лъикӏав чилъун вукӏине. Амма нилъеца гӏумру гьабулеб буго къуваталъе бетӏер къулулеб ва чиясул адаб цӏуни загӏиплъилъун къабул гьабулеб халкъалда гъорлъ, кӏиабилеб – нилъеца гӏумру гьабулеб буго гӏолилаз мисал цӏакъго къабихӏал ва хӏалихьатал церехъабаздаса босулеб заманалда. Бокьарав гӏолохъанчиясе суал кье, дуда гӏелмияб сфераялдаса кинал цӏарал лъалел абун, бетӏер къотӏизе кьезе кӏола - цониги цӏар рехселаро. Щайгурелъул нилъер налогаздаса гӏуцӏараб гӏарацги бикъун, тӏадчагӏаз рукъзал кьола рингалда дандияв гӏодов ккезавиялъухъ, яги кӏвар бугеб, турниралда гьабураб "проход в ноги" кӏодо гьабун. Амма гӏелмуялъе тӏубараб гӏумруги кьурал, чара гьечӏого гӏаламалъе хӏажатал ва кӏвар бугел цӏех-рехалги тӏоритӏулел гӏалимзабазе гьабулеб хъулухъ хутӏула иргадулал баркиязда ва бюджет бикъулев чиновникас кьураб грамотаялдалъун. Гьабсагӏаталда гӏун бачӏунеб гӏел буго цӏодораб ва хехго гӏумруялъул шартӏазда гъорлъе лъугьун бажарулеб. Гьез гӏумруялда бищулеб нух ва гӏалам унеб бакӏ бараб буго тӏалъиялда ва церехъабазда. Кинаб бугеб жакъасеб Дагъистаналда хӏакъикъат?
Цо нух - кӏудияб спорталде, кӏиабилеб нух – политикаялде букӏине рес буго. Кинаб нухмалъи дур букӏинеб "левый хукалъул" ва "проход в ногиялъул" гӏелмуялдаса батӏияб бакӏалде ваккичӏев чиясул? Гьеб суал я тӏад ругез, я халкъалъ кандидатасда цебе лъоларо, аслияб жо буго гьесие бюджеталъул рогӏразул кӏалтӏе ворчӏи. Гьеб бикьа-къотӏизе кӏудияб гӏелмуги хӏажалъуларо. Бигьаяб ва хехго гӏарац бачӏунеб хъулухъалде ишан ва гьелда сверухъ къеркьей буго жакъасел дагъистаниязе гӏумруялъул магӏналъун лъугьун. Щив вугев жакъа халкъалда лъалев ва вихьулеб бакӏалде вахарав чи. Политикалин цӏар бугел гӏадамал, бидуца белъараб нухда тӏараде рачӏарал ва жидерго тахбакӏ цӏуниялъе гӏоло гӏалам гъуризе нахъе къалареб халкъ. Рохьазда ругел диниял фанатикал, жидеца чӏварал полициялъулазул къадаралдалъун къадру къваригӏарал, гӏундулгун къалал рекарал спортсменал, дандиясда бичӏчӏулеб хӏалалъ пикру загьир гьабизе гӏураб гӏакълугун лъай гьечӏеб къавм. Я гӏалимчи, я хӏалтӏухъан, я гӏелму цӏалулев, я боцӏи хьихьулев чиясул къимат халкъалда гьоркьоб гьечӏо. Криминалиял, диниялгун экстремистиял политикаялъул церехъаби (гӏемерисеб мехалда гьел цохӏого чагӏи рукӏуна) халкъалъе мисаллъун ругеб ракьалъул букӏинесеб кьерхараб буго. Гьелъ ратила нилъер къватӏазда къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунел руго спортивияб форма ретӏарал гӏолилал, гӏундул рекарал ва къалал гьетӏарал церехъаби. Университеталъул преподавателас абухъе, къанагӏат дандчӏвала гӏелмуялъулгун лъаялъул дангъваялъ гьурмал хисизарураб гӏел жакъа Дагъистаналда.
Ахирисеб теракталъ цо батӏияб рахӏатхвей лъугьана Махӏачхъалаялда. Жал цӏунун рукӏиналда божилъи хвезабуна гьелъ гӏадамазулъ. Бичӏчӏизе захӏматаб хӏинкъиялъ цӏезабуна кинабго сверухълъи. Ахӏвал-хӏал хӏалуцинабулеб буго гӏадамазда гьоркьор тӏиритӏулел харбазги. Бицунеб буго лъабабилеб теракталъулги - жийго кьвагьизе къачӏалей цоги гӏаданалъул бицунеб буго къуваталъул идарабаз: киналго хӏинкъулел руго Каспийскалдаго гӏадинаб 9 абилеб май такрарлъиялдаса. Дагъистан тун гочун иналъул пикраби тӏадеги щулалъулел руго. Кида гьаб лъугӏилеб? Экзаменалда мугӏалималъ киназего лъикӏал къиматал лъуна. Теракт гьабураб сордоялъ гьелъул гӏагарав чи вукӏун вуго гьеб бакӏалда. "Щибниги лъугьинчӏо", - ян бицунеб букӏана гьелъ, зачеткаялда гъулбас гьабулаго. Лъукъарал гӏадамал ругеб больницаялдаса рокъове дун вачарав херав таксистас дихъа гӏарац босичӏо: "Цӏуне дуца мунго, гӏолохъанчи!" - янги абун виччана. Редакциялда киназго бицунеб буго теракталъул. Жеги теракталъе ругел гӏиллабазул, щай гьедин кколеб буго абурал суалал ва Аллагьасде хьулалда руго киналго. Лъицаниги абулеб гьечӏо кинабго лъикӏ букӏине бугилан. Киназго абулеб буго "кида гьалъие ахир букӏине бугеб?" абун. Теракт гьабун кӏиабилеб къоялъ Махӏачхъалаялъул цо районалда ва аскӏоб бугеб Хъумторхъала районалда спецоперациял унел руго. Дагьалъ хадуб спортсменасул машина кьвагьизабуна. Гьаб киданиги лъугӏизе гьечӏилан кколеб буго. Цойги кьвагьиял – терактал гурищ? Теракталда хваразул хъизаназе цо-цо миллион гъурущ, лъукъаразе батӏи-батӏияб къадаралда гӏарац кьолеб буго. Амма гьеб гӏарац щиб кколеб гӏагарлъи хвараб къварилъиялда ва хӏинкъиялда данде? Гӏарацги кьолеб буго гьеб теракт хутӏарал цогидазда данде бищунго кӏудияб букӏун. Кигӏан рукӏарал ахираб заманалда чӏварал ва кьвагьарал, чан лъукъарал – гьезул гӏумруялъул къимат гӏарцудалъун борцинчӏо.
Тротилалдалъун гурони. Мисалалъе, Великобританиялда теракталъул хӏа-силалда чӏваразул хъизамазе ва лъукъаразе материалияб ва психологияб кумек тӏубанго пачалихъалъ гьабула. Дагъистаналда гьединаб лъугьа-бахъин цӏакъго къанагӏат букӏине бегьула. Щайгурелъул, Россиялъул законазда рекъон, гьеб гӏарац кьезе ккола жинца теракт гьабурас. Гӏемерисеб мехалъ гьединал чагӏи чӏаго кодоре щоларо, киналго чӏвала. Щаклъи буго 3 маялда теракт гьабуразе судалъ тамихӏ къотӏиялда. Гьезул цӏарал рехсеялдаги гӏажаиблъи гьабизе бачӏуна. Боевикал цере чӏвала ва хадуб бицуна гьез гьарурал такъсиразул. Терактлъун рикӏкӏунаро Дагъистаналда щибаб кьвагьиги. Щайгурелъул гьеб мехалъ гӏайиб бугел ралагьизеги гьездаса гӏарац тӏалаб гьабизеги ккола. Жидерго махщелцоял чӏванигицин полициялъулаз гьезда "терактин" абуларо, "покушениеян" гурони. Гьеб статьяялда рекъон гьездаса хӏалтӏиги дагь тӏалаб гьабула. Рашид Нургӏалиевасе "За заслуги перед Отечеством" абураб шапакъатги гьесул хӏалтӏухъаби лъикӏго хӏалтӏун кьураб батизе буго. Ритӏухълъи гьечӏо кинабгӏаги. Террористазе гӏарац щолеб буго (Западалдаса, Востокалдаса, бакӏалъул чиновниказухъа ва бизнесменазухъа). Гьезда данде къеркьолезе щолел руго шапакъатал. Нилъее щолеб буго тротил.
Ле, френдал, бицея цо, дагъистанияллъунищ яги россияналлъунищ нужеца нужго рикӏкӏунел? "Вахӏ, гьав чи цодагьав камуравгицин гьечӏодай?" ян абизе гӏедегӏичӏого, гьаб пикру цӏализе цо-кӏиго минут хвезабе. Паранг мацӏ лъикӏ лъазабизе Франциялде ун йикӏун йиго Дагъистаналдаса кӏиго яс. Цо пуланаб къоялъ Парижалъул къватӏал сверулаго гьазда вихьун вуго гӏурус мацӏ бицунев кӏиго вас. Гьезул гьурмахъ балагьун хадуб Дагъистаналдасагӏаги гуродайин гьел абун ккун буго ясазда. Гьел Северияб Кавказалъул цогидаб республикаялдаса ратизе рес бугилан: "Васал, нуж Россиялдасагӏаги гурелищ?" - ан гьикъун буго гьез. Гъоркьан гьезухъги балагьун, къокъаб жаваб кьун буго: "Ниж Россиялдаса гуро, Хасавюрталдаса руго"… Хасавюрт шагьарни щиб гурин, тӏолабго Дагъистанго Россия-матушкаялда гъорлъе унеблъи лъаладай дол гӏолохъабазда? Хасавюрт Дагъистаналъул бутӏа букӏинни лъалеб батила, амма гьез Дагъистан Россиялъул бутӏалъун рикӏкӏунеб батуларо. Гӏурус мацӏалда рахъулел "Хӏакъикъаталъул" тӏанчазда бахъун буго Сулиета Кусовалъ "Новая газетаялъе" хъвараб макъала.
Гьелъул аслияб пикрулъун ккола Северияб Кавказалда гӏумру гьабун ругел гӏадамал Россиялъ жидералголъун рикӏкӏунарин абураб. Гьелъ рижизарулел руго цогидал масъалабиги. Амма лъазе бокьилаан Россиялъул Кавказалъул регионазда, хасго Дагъистаналда, гӏемерисел гӏадамаз жал россиялъулилан рикӏкӏунищали. Цогидазул бицинчӏого, дирго рахъалъ абуни, россиялъулав кколилан ракӏ-ракӏалъ абизе кӏвеларо дида. Лъала, журналист хӏисабалда гьедин абизе рекъон гьечӏолъи. Щайгурелъул, журналистас цӏалдолел цо кинаб бугониги лъикӏаб нухде ккезаризе кколелъул. Амма, щиб лъалеб, гьединаб пикру сабаблъун кӏудияб питнаялдаса рорчӏизеги бегьулелъул. Амма цоцаца махсародеги ккун, буге-гьечӏеб харбил понцӏероги гӏезабун нилъ киналго (кутакаб улкаялъул гражданал) чӏолел ругони, метерисеб къо кинабдай нилъеде бачӏинеб? Къваригӏараб бакӏалда бицараб гьереси икъбаллъун чӏолин абиги буго. Амма гьел гӏицӏго "берцинал" рагӏабийин тела нилъеца. Россиялда (мухӏканго абуни Кремлялда) чӏвазе гӏемер гӏайибал руго: Дагъистаналда бугеб ришватчилъиялда данде кьварараб къеркьей гьабунгутӏи, букӏине кколедухъ бусурбабазул масъалаби тӏураялде кӏвар кьунгутӏи. Терроризм абулеб унтуе гьез балагьулеб дару сакъатал чагӏазе лъураб борхатаб болъокъоно гӏадаб жоги ккола. Нилъее цохӏо дотация кьуни гӏелин кколеб батилаха Кремлялда (гьеб баркаманги цо-цо чиновниказ чвантинибе хьвагӏулеблъиги лъала). Инвестициял, туризм, "гургинал столал", батӏи-батӏиял дандчӏваял… Дир Гьадири росдада тӏад тӏавап гьабулеб космосалъул аппаратазул бицине хутӏун буго.
Бетӏербахъиялъе гӏадамазе хӏажатал бищун гӏадатиял шартӏал чӏезаричӏони, гьел киналго инвестициязулги ва цоги-цоги гӏажаибал "къватӏиса рачӏарал" рагӏабазулги тӏохде балеб цӏадалъулгӏанги тӏири ургъел букӏине гьечӏо нилъер чагӏазе. "Немецкая деревня" абун цӏар гурони хутӏичӏеб инвест-проектниги ракӏалде щвезабе… Кремлялъ нилъер тӏалаб кин гьабулеб бугеб? Цин бугони, дотациял кьеялдалъун. Кӏиабизе бугони, гӏицӏго жалго гурони хадур гъолареб къагӏидаялда чиновникал хъулухъазде тӏамиялдалъун. Лъабабизе, гьел чиновниказул хӏалтӏуда хадуб халккунгутӏиялдалъун. Руго жеги гӏезегӏан къагӏидаби. Нусгоги гӏела гьел рикӏкӏине лъугьани. Щай Дагъистан, гьоркьохъеб куцалда гӏадамазе щолел харжазул рахъалъ босани, улкаялъул регионазда гьоркьоб ахирисеб бакӏалда бугеб? Щиб, нилъ цойги россиялъулаздаса батӏиялищ кколел? …Гьединлъидал, щиб лъалеб, Лувралда хьвадулев ватарав дида цо парангас мун кисайилан цӏехани, гӏемер ургъичӏого дицаги абизе бегьула: "Ле, вац Жан, Гьадириса ккола дун! Гьадириса!" - ян. Мухӏамадов Закир, "Хӏакъикъат", №21, 2010с. 27 Май
Гьагъаб рестартилан абураб жоялъулги жо ккечӏилан кколеб буго) Щиб гьабилеб, гьудулзаби, гӏумру гьедигӏан гӏадатаб жо букӏун гьечӏелъул. Дирго гӏантал пикраби загьир гьарулеб гӏурус мацӏалъ бачунеб блог букӏаниги, гьаб магӏарул мацӏалъ бачунебги тезе бокьун гьечӏо. Гьединлъидал дирго гьайбатал пикрабиги гьанирги лъела. Батӏаго цӏияб жоги гӏумрудалъ кколеб гьечӏо, цохӏо гьагъаб университетилан абураб бугеб лъайгиялдаса ракӏ буссинабулеб бакӏалда ине ккеялъ татуги хвезабун вуго ахираб заманалъ. Уха, дипломха бокьун бугеб. Диени гьеб расниги хӏажат гьечӏо, амма инсуе къваригӏунарищ цадахъгьекъолезда цебе реццалъе "Дир васасул огьогьояб диплом буго" - ян абизе. Тӏаса лъугьа, дада, амма гьеб дипломалда тӏад багӏараб тӏанкӏни букӏинаро, амма мун рази вукӏина дир бордо-кьералъулаб цогидаб гьайбатаб документ бихьани - гӏолилазул парламенталъул депутатха дун вугев гьанже. Гӏарац кьолеб букӏани гьелъухъ жеги дунгоцин вохулев вукӏинаан. Цойги щибдай бицинеб нужее. Валагьги, заман гӏолеб гьечӏо хӏалтӏизе. Хасго кваназеги кьижизеги заман гӏолеб гьечӏолъиялъ цӏакъго тату хун буго. Гьелдалъун тела. Батӏаго гьал гӏахьучӏал цӏалулел чагӏиги ратиларин. Ма нужее цо кополаб видеоги:
"Хӏакъикъат" журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Патахӏовас гьаб видеоялда цӏалулеб буго жиндирго кечӏ. Баркале Бетӏергьанасе Мухӏамад гӏадал чагӏигун дие лъай=хъвай гьабизе щвараблъухъ.
Россиялда щай гӏемерисезе кавказиял рокьуларел? Гьеб суалалъе жаваб батизе захӏмалъиларо. Дида ккола, цохӏо терактазе гӏоло рокьуларилан. Гьезда квеш бихьула нилъеразул хьвада-чӏвадиги. Тӏолалго кавказиялъулазул бицине лъугьинаро. Бицина цохӏо нилъерго, дагъистаниязул, хьвада-чӏвадиялъул. Гӏемераб хабарги бицинаро, малъа-хъваялги гьариларо. Бихьараб рехсела. Интернеталда буго YouTube.com абулеб портал. Гьелда лъола батӏи-батӏиял видео-материалал. Дагъистаналда ва дагъистаниязда хурхарал гӏемерал видео-материалал руго гьенир. Лъикӏалги руго, квешалги руго. Гьал къоязда гьеб Интернет-порталалда баккана нилъеразда хурхараб кӏиго видеоролик. Тӏоцебеселда цӏар лъун буго "Яхӏ гьечӏей дагъистанияй" абун. Гьений йихьизаюлей йиго Москваялда передача бахъулел журналистазе квалквал гьабулей гӏолохъанай яс. Нич тӏагӏарай дагъистанияй зама-заманалдасан камераялда цееги кӏанцӏун лълъарал гӏадин килщалги ккун, "Дагъистан форева!", "Дагъистан - сила! Супер!" абун ахӏдон, жиндирго республикаялъе реклама гьабулей йиго. Передача бахъулез гьелда жидее квекӏен гьабугеян гьарулеб буго. Гьезул гьари къабул гьабулеб хӏал ясалъулги гьечӏо. Тату хварал журналистаз цӏехолеб буго гьелда: "Щиб бакӏгӏаги гьеб, Дагъистан?" - илан. Сакъис чӏамулаго, бергицин къапичӏого, гьезухъа кодоса микрофонги бахъун, гьелъ "жаваб" кьолеб буго: "Вааа! Дагъистанги лъаларел щал чагӏигӏаги нуж!" - ан. Нахъе унел журналистазда хадуйги екерун гьей, нахъеги гьезухъа микрофонги бахъун, ахӏдолей йиго: "Россияги супер!" - ан."Позорище!", "Ублюдина!" абун гьелдаса хӏалалъ тӏурун рорчӏула журналистал. Гьединал рагӏабазе мустахӏикълъизе ккани, кинайдай йикӏине кколей дагъистанияй?.. Гьанже Москваги тун Ростовалде раккила. Кафе "Макдоналдс". Цо столалда нахъа гӏодов чӏун вуго лъабго дагъистанияв. Зама-заманалдасан цояб рахъалда гӏодор чӏарал ясаздехунги ралагьун бицунеб буго гьез жидерго хабар. Хадув цояв тӏаде вахъана. Цинги столалда тӏаса "кока-колаялъул" цӏураб стаканги гьел ясазде чвалхун кафеялъуса къватӏиве ана. Гьесул "бахӏарчилъиялда" бахиллъарал гьесул гьалмагъзабиги "гьагӏдезе" лъугьуна. Гьев багьадурасул цӏар абиларо, амма гьев ккола тхэквондоялъул рахъалъ Европаялъул чемпион (цойги бергьенлъабиги руго гьесул). Цӏар рагӏарав спортсменасул вукӏа-вахъингицин гьединаб бугони, цогидазул хӏакъалъулъ щибха бицинеб…Гьанже суал. Махӏачхъалаялъул Ленинил цӏаралда бугеб майданалдеги рачӏун, гьениб жидерго музыкаги биччан, гӏалхулал гьаркьаздалъун кучӏдулги ахӏун, кеп босулел гӏурусал нилъее рокьиладай? Дие рокьиларо. Ракӏалде ккола, нужееги гьел къабуллъиларин. Цинги гьебго жо гьабун, Москваялда Багӏараб майданалда кьурдарал дагъистаниязда тӏад речӏчӏанин гӏурусалин рагӏараб мехалъ, щайха нилъ "толерантность" бихьизабизе ккелаанин гурел харбал рицине журалел? Гьединаб гӏамал гьел московияз гьаниб бихьизабизе лъугьани, цо лага гӏайи гьабичӏого нилъераз гьел тей щакаб жо буго. Нужецаго хӏисаб гьабе, Махӏачхъалаялде цӏализе рачӏарал росабалъа гӏолохъабицин кин хисулелали. Рокъор ругеб мехалда къваригӏел гьечӏеб рагӏи кӏалдисан унарел гьел, эбел-эмен гьечӏеб бакӏалда тӏуранго хисула. Гьеб гӏантаб хьвада-чӏвадиялдалъун гьезие жалго рихьизаризе рокьула. Гьелда лъолеб цӏарги дида лъаларо. Амма "хъахӏаб чодулгӏанги" цӏар тӏибитӏиялъ нилъер къадру борхуларо.
Арбагӏ къоялъул бакъанида, цебехун нижеца хъван букӏахъе, "Миллат" газеталъухъ гьоболлъухъ вукӏана машгьурав политикияв ва жамгӏи-яв хӏаракатчи Сулайман Уладиев. Чӏамучӏал церерагӏиялги тун, бачӏинахъего абила, Сулайманилгун нижер гара-чӏвариялъе, гӏурусаз абухъе, кинабгӏаги "информационный повод" абураб жо букӏинчӏо. "Миллаталъул" редколлегиялъ хӏукму гьабуна жакъа республикаялда лъугьа – бахъунеб ахӏвал –хӏалалда тӏаса гара – чӏвариялде ахӏизе гӏалимчи, политолог ва кинабго лъугьа – бахъунелъе къимат кьун бажарулев эксперт Сулайман Уладиев. Политикияб хӏухьбахъи ва цӏияб пачалихъ- Сулайман, дуца цӏакъ "хӏухьел ккуна" ахираб заманалда. Гӏилла букӏунищ, ялъуни гьеб политикияб тактикайищ (дуца абулелде кӏвар буссинабулелъул дагъистанияз)?- Киналгӏаги политикиял хӏаял, тактика гьениб гьечӏо. Дун вукӏана гьаниса гочун инин, унги вукӏана республикаялдаса нахъе. Гьаниб парахалъи гьечӏолъиги, рагъ – кьалги букӏун гьелдаса хӏинкъун гуро, цо – цо мехалда власталдасаги, гӏадамаздасаги, кигӏан дуца хӏаракат бахъаниги хисизабизе кӏолеб жо бихьунгутӏиялдасаги ракӏ буссуна. Гьединаб хӏалалде ккун вукӏана, Эмиратазде ун вукӏана хасало дирго лъималазухъе, моцӏидасаги мехги бана гьениб. Цо дирго хъвай-хъвагӏаязде, аралъул хӏасилалги, букӏинеселъул хӏисабалги гьаризе тӏамуна гьелъ. Араб соналъ къо гьоркьоб бахъичӏого чӏвалел гӏадамазулги, дагъистанияз кинаб рахъалдаса батаниги тӏолел биязулги хӏисаб гьабун, гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьеб ишалъе ахир лъеялъе гӏоло къеркьолаго. Жамгӏиял гӏуцӏабиги гьаруна, данделъабиги ахӏана, Россиялъул НАКалъул генералаздаса рахъарал ихтиярал цӏуниялъул хӏаракатчагӏи Федотов, Людмила Алексеева, Николай Сванидзе ва цогидалги гъорлъе рачун, Дагъистаналда динияб дандечӏеялъул кӏиго рахъ – суфиялги салафиталги цо столалда нахъа чӏезарун, кӏудияб хӏалтӏи гьабуна биял тӏеялъе ахир лъеялъе. Кутакалда берцинаб, цоцазул адаб цӏунараб диалог ккана, кризисалдаса рорчӏиялъе нухалги рихьана, амма щаялиго власталъги, цо-цо политикиял къуватазги гъоб хӏалтӏи кӏварго кьечӏого тана. Цӏиял харбал хӏисабалда къого секундалъ Дагъистаналъул телевидениялдасан гьелъул бицеян президентасде гӏунтӏун кӏалъазе ккана. Гьелъ тана дица гьеб хӏалтӏи, гъоб хӏажатал чагӏи ратуларого. Россиялдайин абуни гьеб заманалда жаниб гӏемераб жо хисун бугоан. - Щибха хисун батараб Россиялда мун вуссинегӏан, кинаб къимат кьолеб дуца улкаялдаги, республикаялдаги лъугьа-бахъунелъе?- Дун тӏадвуссиналде республика хисун батанин абизе кӏоларо, амма улкаялда киназдаго лъалел хиса-басиял лъугьана. Абизе бегьула дун батӏияб Россиялде тӏадвуссанин. Бащдаб лъагӏелалъ цебе В. Путиниде, тӏолго пачалихъалъул миллияв цевехъан ва бищунго кӏудияб рейтинг бугев политикасде, гьещтӏезе ругин ва гъосул нухмалъиялда дандечӏун нусазаргоялдаса цӏикӏкӏун чи къватӏив вахъунин Москваялдаян абулев чи гӏабдаллъун рикӏкӏинаан доб мехалъ. Гьел лъугьа – бахъинал кканагури улкаялда. Амма Владимир Путиница гъоб дандечӏей ва улкаялда лъугьа – бахъунелъе хӏакъикъияб ва ритӏухъаб къимат кьуна, гъов цӏодорав чилъидал, чекист гӏантав вукӏунаро, тӏадежоялъе гъос демократиялъул нухде рачӏиналъе ва жамгӏияталъул хӏалуцин чучиялъе гӏоло хӏисабалде босана гъоб дандечӏей. Борис Акунингун ва цогидал либералияб дандечӏеялъул церехъабигун дандчӏвазе хӏадур вугин абуна. Хӏисабалде росулел руго гъозул тӏалабалги. - Дагъистаналъул рахъалъ щиб абилеб, араб сон нилъер гьанибги букӏана цӏакъ митингаздалъун гьарзаяб, кинаб батӏалъи бугеб москваялъулазда ва нилъеразда гьоркьоб?- Москваялъул дандечӏеялъулъ руго цӏакъ гӏемерал батӏи-батӏиял политикиял къуватал ва власталда цере лъолел тӏалабал. Гьезул гӏуцӏиялъул рахъалъги, законалъул рахъалъги, власталда цере лъолел тӏалабазул рахъалъги тӏадегӏанаб даражаялда буго хӏалтӏи. Гьелъул хӏасилалда рукӏана Сахаровасул проспекталда, Болотниялда нусазаргоялдаса цӏикӏкӏун чагӏи. Нилъеразул цо рахъалъул тӏалабал руго: "Гӏадамал рикъуге, диван гьабичӏого чӏваге, риларал чагӏи тӏад руссинаре" ва цогидал гьезда релълъарал тӏалабал. Гьеб дандечӏеялда цадахъ ришватаздаса, коррупциялдаса, тухумчилъиялдаса, цӏогьалдаса ва нусго батӏиял цогидал гӏузрабаздаса рази гьечӏел дагъистаниял къватӏире рахъани, Махӏачхъалаялда рахъун чӏезе бакӏ букӏинаро. Талихӏалъ лъаларо, талихӏкъосиналъ лъаларо, гьел тӏалабал жакъа республикаялда жамгӏияталъ власталда цере лъолел гьечӏо. Гӏуцӏиялъул рахъалъги цокӏаллъи гьечӏо.- Гьел цере рахъулел чагӏазул хитӏабазде ва политикияб ахӏвал – хӏалалде балагьун, гражданазулаб жамгӏияталъул гӏаламатал рихьулищ дуда?- Рихьуларо, гражданазулаб жамгӏият букӏунаро ихтиярал цӏунулареб (правовое государство) бакӏалда.- Гьезул кинаб цебе бижулеб, жамгӏияталъ ва гьелъ бищараб власталдаса гурищ лъугьунеб ихтиярал цӏунулеб пачалихъ?- Цояб гьечӏого цояб лъугьунаро, гьел цоцада рухьарал руго, рорженалъе кӏиго кваркьи гӏадин хӏажалъула ихтиярал цӏунулеб пачалихъги, гражданазулаб жамгӏиятги.- Россиялда ккараб хиса – баси сундулъ бихьулеб дуда, цохӏо гьел гӏадамал Сахаровасул проспекталде рахъиналъулъищ, ялъуни цойги щиб хисараб гьаниб?- Масала, президент Д. Медведевас ва В. Путиница абуна ва парламенталде законалъул проект битӏулеб буго субъектазул бутӏрул тӏолго халкъалъ рищулеб къагӏида гьабизе. Дица рикӏкӏуна гьеб демократиялъул бергьенлъилъун. Гъоба бихьизабун буго кӏиго къагӏида – партиялъ президентасул кандидатура бихьизаби ва бокьарав чияс жинцаго кандидатура лъей. Дида ккола, кинаб рахъалъ гьабуниги, гьеб бугин ритӏухъаб ва гӏадамазул пикруялъ бетӏер вищулеб къагӏидаян.- Дида ккола Путинил Россиялда гьелъул батӏалъиго букӏинарин, масала, партиялъ кандидат вихьизавулеб къагӏидаги гьениб батани, "Единая Россиялъ" ва В. Путиница рахъ кколеб бугин, бокьарав чи бергьинавилин Москваялъ гьанив, гьеб мехалда рищиязда цӏар кинаб бугониги щиб?- Нилъее, халкъалъе рес щолеб буго кандидат вихьизавизеги, гьев президентлъун вищизеги, жакъалъизегӏан гьединаб рес букӏинчӏелъул. Дида лъаларо халкъалъ гъолдаса пайда кин босизе бугебали, амма лъала гьев чи кинав вукӏине кколевали. Масала, дица, избиратель хӏисабалда, рехсезе руго кандидат кинав чи вукӏине кколевали. Гьев вукӏине ккола яхӏги бугев, лъайги бугев, биги тӏад гьечӏев, тухумчилъиялдасаги рикӏкӏадав, Аллагьасдасаги хӏинкъулев, инсанги вичӏчӏулев, гӏураб бихьинчилъиги бугев чи.- Гьел киналго рахъал ругев чи вукӏунаро, вугониги жакъасел дагъистанияз вищуларо…- Вищулев ватичӏони, лъикӏаб гӏумруялъе мустахӏикъал гьечӏо нилъ. Гьединал чагӏи гьечӏин абуге, щиб, лъабго миллион дагъистаниязда гьоркьов мустахӏикъав чигойищ гьечӏев? Гьев чара гьечӏого жакъа нилъеда рихьулел политиказдаса вукӏине кколарелъул. Дир буго тӏубараб политикияб реформаялъул проект гьелда хурхун, дида ккола гьел шартӏал хӏисабалде росани, кьучӏдасаго хисизабизе кӏолин Дагъистан.
Политикияб реформа ва цӏиял нухмалъулел- Батани,Сулайман, мун нижеца толев вуго гьаб интервью лъугӏизегӏан президентлъун, яги кандидатлъун, рехсе гьеб программа.- Гьел тӏадехун рехсарал рахъал ругев чи вищанаха халкъалъ президентлъун. Щиб гъос гьабизе кколеб? Тӏоцебесеб иргаялда, цӏияв президент вищарабго тӏубанго правительство уна хъулухъалдаса, гьел чагӏи ритӏила баркалаги кьун нахъе ва 40 проценталъ дагь гьабила министерствабазул къадар, халкъалъул гӏарац кваназе хӏажат гьечӏо гъодигӏан министерстваби. Цӏиял чагӏи росила тӏадехун рехсарав президент гӏадал ритӏухъал ва рацӏцӏадал. Гьел гьечӏин абуге, гьедизе кӏола - руго. Хадусеб гали букӏине ккола федералиял хъулухъазул нухмалъулел, цӏияв президент кӏалъазе ккола Москвагун тӏубараб гьеб состав хисиялъул суалалда тӏаса.- Кин хисилел гӏемерисел Москваялъ ришватги босун тарал чагӏи? Цӏакъ кӏудиял анищал рихьула гьел…- Дица абулеб бугогури, батӏияб нух гьечӏин, гьеб суал лъезе ккола Москваялда цебе. Нужее Дагъистан Россиялъул картаялда хӏажат батани, цойги нух гьечӏин гьел чагӏи хисичӏого. Дида ккола цӏидаса вищарав Путин гьеб галиялде инин. Хадусеб суал, районал ва шагьарал. Жакъа Дагъистаналда буго 54 муниципалияб гӏуцӏи, дица гьабилаан 20 район. Гьел гӏадамал жидер районалъул чи бетӏерлъун гьечӏин цоцалъ рагъилин абураб жо буго гьадингосел харбал. Щибаб районалъул бетӏер ва гьесул лага – черхги, хъулухъги хьихьун республикаялъул бюджеталдаса нус-нус миллион халкъалъул гӏарац унеб буго, гьез бикъулеб рикӏкӏинчӏого. Гьеб гӏарацги тӏокӏ гьабун халкъалъул тӏалабал тӏурани, лъилниги дандечӏей букӏинаро. Тарихалда жеги цониги миллаталда гьоркьоб кьал ккечӏо Дагъистаналда, гьеб гьабуни жакъаги ккезе гьечӏо.- Гьел чагӏи рищизейищ ругел тӏамизейищ?-Рищизе руго.- Гьеб мехалда гьел дур рацӏцӏадал чагӏи кандидатура лъолеб бакӏалде къазе толаро жакъасел бацӏаз.- Толеб къагӏида буго. Гъов Исбайица абун буго нилъер гьанив президент вищиялъул темаялда кӏалъалаго, Москваялдаса маймалак бихьизабуниги, гьанир кверал рорхулин нилъераз. Маймалакал теларо, гьел дуца абулел бацӏал цо ФСБялъул сержантас аскӏореги ахӏун иш байбихьани, бащдаб уголовный кодекс гьезул ишазул хӏакъалъулъ батула. Кандидатураби лъезе риччала рацӏцӏадал чагӏи. Батӏайиса реформаби лъугьунаро, нужеда рагӏанагури Сингапуралда Ли Куан Ю премьер министрас абурал рагӏаби, дурго вацасдаса байбихье ишан. Гьел районалъул цӏиял рацӏцӏадал бутӏрул рукӏина жамагӏаталъул ва президентасул хъаравуллъиялда гъоркь. Тӏадежоялъе ӏ3ӏ абилеб бакӏалъул нухмалъиялъул законалда хиса – басиги гьабун, гъозухъа нахъе босизе ккола лъайкьей ва сахлъи цӏуни. Гьеб букӏине ккола профессионалияв тохтур – министрасул ва гӏалимчи – педагог лъайкьеялъул министрасул хъаравуллъиялда. Гьеб районалъул бутӏрузда цебе букӏине кколеб суал гуро. Гьезда лъаларо гьел суалал, гьал жакъа ругезул 80 проценталъ щуабилеб классалъул диктант лъабилалда хъвазе кӏоларо. Хутӏарал суалал инфраструктура, ЖКХ, канлъи, хинлъи, гӏумру гьабиялъул шартӏал ва цогидал суалазул жаваб кьезе буго районазул бутӏруз. Маргарет Тэтчерида гьикъарабго кин кӏвараб дуда гӏадлу гьабизеян, гьелъ абун буго ӏ5 вацӏцӏадав ва лъай бугев чи валагьанин жинца улкаялда. Гъоб нухмалъиги, цебетӏейги кинабго кадрабазда бараб жолъидал, гьел нилъер руго. Хӏажат буго бищунго, тӏад вацӏцӏадав ва иш гьабун бажарулев чи ккей.- Парламенталда щиб гьабилеб?- Ункъоялда анцӏгоясул бакӏалда лъеберго чи тела профессионалияб кьучӏалда парламенталда хӏалтӏулев, гьелги цо мандаталъул округазда тӏолго халкъалъ рищарал. Щибизе хӏажат вугев бюджеталъул гӏарац кваназе цӏаличӏого законал къабул гьарулев 90 депутат?- Гьанже нилъ рачӏина, Сулайман, гьел анищалги тун, хӏакъикъаталда букӏине бугеб ахӏвал – хӏалалде, тӏолго халкъалъ президент вищулел рищиязда халкъалда бараб жо кигӏандай тела Москваялъ?-Дида ккола халкъалда гьоркьоб къадру гьечӏев чи Москваялъе хӏажат ватиларин. Гьадинги квешаб хӏалалда бугеб республика кквезе кӏвезе гьечӏо гьабго политика такрар гьабуни.- Кандидатасул миллаталда бараб жо кигӏан гьениб букӏинеб ва Москваялъул финансовиял къокъабазул кигӏан асар букӏинеб гьеб суалалъулъ.- Халкъалъе гӏакъилавги, ритӏухъавги, вацӏцӏадавги президент вачӏани гьесул миллаталъул батӏалъиго батиларо. Амма гьеб миллияб суал жалго кандидатаз багъаризабизе буго. Москваялъулалги гӏадада чӏелищха, гьезул жидергоги хиял лъезе рес буго президентасул хъулухъалде. Дур хъулухъчи щивали абе, дица абила мун щивали…- Дуца президентлъун Мухӏамадсалам Мухӏамадов вачӏараб мехалда хъвараб макъалаялда цо мисал букӏана ритӏухъав халифасул. Пачалихъалъул иш гьабулеб мехалда рекӏараб хӏедул чирахъги свинабун, жиндирго хъвай – хъвагӏаязе рекӏинабулеб цойги хӏедул чирахъалъул хӏакъалъулъ.
Ритӏухъ гьабунищ президентас дур гьари, яги гьев цохӏого чирахъалда гъоркьищ вугев?- Гьабичӏо, дир гьариги, хьулги букӏана гъос щиб бугониги хисизабилин. Хисараб жого бихьулеб гьечӏо. Президентасда дица гьикъилаан: "Дуца бице щив дуца хъулухъалда толев вугев, дица абила мун щивали" ян. Гъов гӏолохъанчи вуго, гъосие рес кьун букӏана кинабго хисизабизе, щибниги хисичӏо. Цо рацӏцӏадал ва цӏиял чагӏи хъулухъалдагӏаги тун рукӏаралани, мадар букӏинаан, щаялиго гьебги гьабичӏо. - Гъосул цониги, гьаб рахъгӏаги лъикӏаб бугин абизе гӏураб жо лъалищ дуда?- Экономикаялъул специалист дун гуро, амма цо – цо саламатал пикраби загьир гьарулеллъун рихьана гьеб рахъалъ, лъалеб цебетӏей гьечӏониги. Цойги лъикӏаблъун бихьана гъосул гӏадамазухъ гӏенеккизе лъай, гӏодове виччарав сабурав чи вуго гьев. Гьал мэрал руго ццидал, хъачӏал гӏадамал, гьеб рахъалъ хӏалимав чилъун вихьана дида гьев. Нилъер магӏарулазе дагьаб жоги гӏола разилъизе, гьебги батилаха. Гъос реформаби гьаризе кколароан, революция гьабизе кколаан, хасго кадровияб политикаялъулъ, гӏадамазги рахъ кквелаан ишги билълъанхъилаан. Гьеб гьабичӏо, нахъойги цо хасал тухумалги хьихьун чӏана.- Гъосда цадахъ президентлъиялде рихьизаруразда гъорлъ бищунго мустахӏикъав чи щив вукӏарав?- Дир пикруялда, Сайгидхӏусен Мухӏамадов вукӏана. Гъов вуго лъикӏаб лъайги бугев, Москваялда бухьеналги ругев, экономика, бюджет ва финансалги лъалев ва киналго кланаздаса рикӏкӏад чӏарав чи.- Мухӏамад Мухӏамадов? (Смоленский). Меседил медалалда школа, багӏараб дипломалда МГУ, цониги пачалихъалъул хъулухъ кквечӏого миллиардал доллараз гӏарац гьабурав чи…-Ватила, гьев мустахӏикъав гьечӏин абулеб мех гуро, дида лъаларо гьесул гӏунгутӏаби ва живго. Сайгидхӏусен, лъала.- Балагьараб мехалда щивав чияс гьел кандидатазе къимат кьолеб буго жидерго гьоркьорлъабаздалъун. Дида рагӏана Сайгидхӏусен вугин дур гьудул ва гьес дур гӏумруялъе хӏинкъи бугеб заманалда бронированный BMW кьунилан. - Кьуна, дие машина кьунин гьел тӏокӏлъаби гьесухъа нахъе унарелъул. Дица рехсолел руго гьоркьорлъабазухъ валагьичӏого дидаго лъалел рахъал. - Мун тӏехьалда тӏад хӏалтӏулев вугин рагӏана…- Буго гьединаб хӏалтӏи, лъаларо гьелъул бицине рекъон букӏунищали. Кӏиго тӏехь буго дица хӏадурлъулеб, гьездаса цояб букӏине буго "Дагестан на разломе: время, события, люди" абураб. Гьениб букӏине буго дир нилъер улкаялдаги, республикаялдаги ккарал кӏудиял ва кӏвар бугел лъугьа – бахъиназда тӏаса пикраби. Гьел процессазулъ дандчӏварал гӏадамал, политика, гӏумру ва гьезул рахъалъ пикраби. Кӏиабилеб тӏехь буго дирго анищазул дунял, кучӏдулин дида гъозда абизе кӏоларо,кочӏохъего гьарурал хъвай – хъвагӏаялин телаха, шигӏрияб гьунар щивав чиясе кьолеб жо гуреблъи дида лъалелъул. Гьеб букӏине буго магӏарул мацӏалда.- Дур чӏужу балкарай йигин рагӏана, авар мацӏалъулгун гьоркьоблъи кин бугеб рокъоб, лъималазда гьеб лъалеб батуларо.- Гьей чӏужуялъул рахъалъ бицин рекъечӏеб жо букӏуна магӏарулазе, нужеца гьеб суал лъун бугелъул абила, дир лъималазда лъачӏого букӏинищ,чӏужуялдаги лъала магӏарул мацӏ цониги буртиниселдаса ятӏа яхъизе лъалареб хӏалалъ. Нилъер наслу умумузул, эбелалъул мацӏалдаса махӏрум гьабурал чагӏи руго гъаримал чагӏи.- Гьеб магӏаруллъиялъул нилъеца щибаб хъощниб бицунеб буго, амма нилъго къо бахъанагӏан тарихиял лъугьа – бахъиназул рагӏдукь хутӏулел руго ахираб заманалда, сундулъ бугеб гӏилла?- Дицаги гӏемер пикру гьабула гьелъул, магӏарулал руго кӏудияб бахӏарчияб тарихги, рухӏияб къуватги бугеб миллат. Дагъистаналъулги Кавказалъулги тарихиял лъугьа – бахъиназда бакьулъ рукӏана нилъ – магӏарулал ва нилъеца хъвараб буго аслияб тарих. Дица гӏажаиблъи гьабула магӏарул чиясул хасияталъул жакъа ругел гӏадамазухъ валагьун. Къотӏноб тохлъукьего цоясул машина цогидалда кьабуни, магӏарулав хӏадур вукӏуна гьев чи чӏвазе, яги гьеб щибго гуреб жо сабаблъун жиндир гӏумру кьезе нахъе къаларо. Жиндие законалъги, инсанасул намусалъги, яхӏалъги тӏалаб гьабулеб ишалъулъ цо гӏарац бикъулев мэрасда, министрасда данде площадалда вахъине, яги бадибе рагӏи абизе хӏинкъулев вуго. Гьеб жоялъе баян батизе кӏоларо дида. Тункараб машинаялъухъ, яги цохӏо рагӏи сабалъун гӏумру кьезе нахъе къалев гьечӏо цо магӏарулав, киналго гуроха, амма жиндир ва халкъалъул ихтияразе гӏоло абизе хӏинкъулев вуго. Гьабсагӏаталда буго хиса – басиязул замана, гӏурусалъ абухъе, кидаго тарихалда кризисалъул ва Дагъистаналъул къисматалъул суал цебе бачӏарабго магӏарулаз загьир гьаруна бищунго лъикӏал рахъал – гӏакълуги, къохӏехьейги, бахӏарчилъиги. Гьедин букӏана тарихалда ва гьедин букӏине буголъиялда ракӏчӏола дир.
Жакъа "Миллаталъухъ" гьоболлъухъ вуго Гӏалисултан Гъазимухӏамадов. Республикаялъул лъугьа – бахъиназдаги, политикияб ва жамгӏияб гӏумруялдаги хадуб халкколел, гӏелму цӏаларал ва лъай бугел магӏарулазда бичӏчӏун батила лъил рахъалъ бицунеб бугебали. Ратила Гӏалисултан лъаларел гӏадамалги, гьел руго цӏалдоларел гӏадамал. Киназдаго лъалевлъун чи Дагъистаналда лъугьуна Олимпиадаялда чемпионлъун вахъарабгоги, телевизоралдасан, газетаздасан горбода галстукги далун, кӏвар бугел хӏакимазул горсвериялда гьоркьов паркъулеб мехалдаги. Гӏалисултан вуго рагӏдукьги чӏун, ахираб анцӏила щуго соналъ Дагъистаналда бугеб тӏекълъиялъулги, бюджет бикъиялъулги, чӏвай – хъвеялъулги хӏакъалъулъ рагьун абулев, "Аваристан" ва "Дагестанцы" газетаздаса гьелъул хӏакъалъулъ гӏемер хъварав чи. Гьес гӏуцӏанин абизе бегьула тӏоцебесеб жибго жиндаго чӏараб ва халкъалъул мурадал цӏунараб газета. Цебеккун цойги гьединаб газета букӏанин абизеги захӏмат буго. Гьеб киналдаго тӏасан "Миллаталъул" суалазе жавабал кьолел руго "Дагестанцы" газеталъул бетӏерав редактор Гӏалисултан Гъазимухӏамадовас.- Гӏалисултан, кин вачӏарав мун "Дагестанцы" газета гӏуцӏиялде, щиб къваригӏун, яги щиб гӏоларого, ялъуни дур пикруялъе гӏорхъичӏвайищ букӏараб прессаялда мунго бетӏергьанал басмаби рагьиялъе?- Доб букӏана ункъоялда анцӏабилел соназул ахир, цӏакъ санагӏат гьечӏеб хӏалалда букӏана авар миллат. Жакъаги абизе кӏоларо гьелъул иш лъикӏ бугилан. Гьедин биччазе байбихьана "Аваристан" абураб газета. Цо нухалда гьениб дицаги Хӏусенов Мухӏамадицаги (Алазани) хъвана "Чӏаго ругищ нуж, магӏарулал?" абураб макъала. Гьенир рорхарал суалазда тӏад ургъизе кколеб бакӏалда магӏарулазул хӏакимзабацаги цо–цо хӏакимлъиялде хиял лъураб агьлуялъги Госсоветалда хас гьабун гӏуцӏараб данделъиялда нижеде гъвел бана, амма нижер пикру цӏехезе, яги мухӏканаб цӏех-рех гьабизе хӏалцин бихьичӏо. Битӏахъе, "чӏван лъун ратана" гьенир ниж, нижер пикрабахъги гӏенеккичӏого. Аслияб хъуй гьабуна жиндир мунагьал чураяв Гӏабашилов Хӏажица. Гьес хъвана "Лжерадетели моего народа" абураб макъала. Гьев гъаримас нижеца хъвараб жо цӏалунцин гьечӏоан. Къваригӏун букӏун буго Хъахӏаб рокъор ругезда нужеца ниж хьихьи гӏадада гьечӏин, авар халкъги лъикӏ бугин, гьадинал "магӏна гьечӏел" суалал рорхулезе жавабги нижеца гьадин кьварун кьелин абун бихьизабизе. Макъалаялда хъвараб жоги мекъи бичӏчӏизабун батана доба. Амма кигӏан хӏаракат бахъаниги, "Аваристан" газета жибго жиндаго чӏараб даражаялде бахинабизе кӏвечӏо: кигӏан гӏадамазе хӏажатаб бугониги, гьеб къинабуна районазул администрациязул нухмалъулез ва почалъул районазда ругел гӏуцӏабазул начальникзабаз, бер къанщун ва намус-яхӏ тун "Хӏакъикъат" газеталъул гурони, подписка гьабунгутӏиялъ. Гъолдаса хадув газета цӏалулезул къадар цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда вачӏана дун гӏурус мацӏалда "Дагестанцы" газета биччаялде: "гӏабашиловал" перевод гьабизе тӏамичӏого, хъулухъазда ругездаги гӏакълу-пикру бугел гӏадамаздаги дагъистаниязулги, гьездаго гьоркьоб аваразулги проблемаби рагьизе хьулгун.- Тираж кинаб букӏараб газеталъул?- Батӏи–батӏияб къадаралда букӏана тираж. 7 азарго бугеб мехги букӏана, цо-цо мехалда анцӏазаргоги унаан. Букӏана заман тӏубанго тираж цадахъ заказ гьабун бичун босизе гӏадамал рачӏунебги. Хадуб бичӏчӏана: гьел власталъ цо-цо цӏакъ жал къватӏир чӏвазарурал макъалаби рилизаризе босулеблъи. Рукӏана бахӏарчиял гӏолохъаби нус-нус газетаги бичун босун гӏадамазда гьоркьор гьел тӏиритӏизарулелги. Цо нухалда дица газета къватӏибе биччана 25 азарго экземпляралда ва хас гьабун гьеб бикьизе таксиги ккун магӏарул районаздеги ун вукӏана.- Северный альянс… Мухӏамадгӏалида данде Хасавюрталда митингал гӏуцӏараб заман букӏун батила гьеб…- Букӏун батила… Гьелда цебеккунго лъугьана газеталъе санагӏат гьечӏеб ва дун захӏматаб ахӏвал-хӏалалде ккараб лъугьа-бахъин. Москваялда вугев нилъер халкъалъулги тӏолабго Дагъистаналъулги кӏудияв патриот Мухӏамад Гӏабдулхабировасул макъала (интервью) бахъун букӏана дица газеталда. Макъала букӏана кӏудияб (лъабго гьумер цӏураб) ва кӏвар цӏикӏкӏараб: гьелда жаниб ниж рачӏун рукӏана власталъул бищунго тӏадегӏанал идарабазда жиниб ришватчилъи батичӏого рес гьечӏин абураб пикруялде. Гьанже киназго хъвалеб буго коррупциялъул хӏакъалъулъ, доб мехалда Госсоветги, гьелъул хӏакимзабиги рикӏкӏунаан цӏакъ кутакалда Дагъистаналъул гурони, батӏияб пикру гьабуларел гӏадамаллъун. Гьеб заманалда гьукъана дие Дагъистаналда газета кьабизеги.- Кьабизе инкар гьабиялъе гӏилла кин дуда бичӏчӏизабураб типографиялъ?- Гьенив вукӏана жакъасев печаталъул комитеталъул председатель Гӏумаргӏусман Хӏажиев. Гъос абуна тӏасахун гьединаб амру бугилан. Дун ана министр М.-С. Гусаевасухъе. Гьев вукӏана дида студентлъун вугеб мехалдаса нахъе лъалев чи.
Гьесул гӏаданлъиялъулаб гьоркьоблъи букӏана диргун, амма дида бичӏчӏулаан гьев хъулухъалъ бакӏидехун вухьун вукӏин. Гьес абуна: "Гӏалисултан, дур газеталда буго кутакалда бакӏаб ва къабул гьабизе захӏматаб хъвай–хъвагӏай, гьеб басма кьабулел машинабаздацин кӏолеб гьечӏо хӏехьезе, гьел ракӏалдаго гьечӏо рек-рекула. Гьединлъидал дуца цогидаб бакӏ балагье, Дагъистаналда гьеб кьабизе рес гьечӏо" ян. Доб мехалда жеги хасал чагӏазул типографиялги раккун рукӏинчӏо, ругониги, гьел чагӏи дир газета сабаблъун санагӏат гьечӏеб бакӏалде тӏамизе бокьилароан дие.-Мун хӏадур вукӏанищ гьеб инкар рагӏизе, лъалев чиги вукӏаралъул дов?- Дида лъалаан гьес инкар гьабизе бугеблъи, гьедин цадахъ босун букӏана диктофон гьесулгун ккараб гара – чӏвари хъвазе ва хадубккун гьеб басмаялдеги бахъун "чӏван лъезе". Кӏалъалеб мехалда дун дагьав аскӏовегӏан къана, гьенир дир суалазищ лъаларо, яги дир хьвада-чӏвадиялъ лъаларо, бицунеб хабарги гьоркьоб къотӏизабун мунагьал чураяв Мухӏамал-Салихӏица гьикъана дуца гьаб гара – чӏвари хъвалеб бугищан. Дун нечана, гьурмалъаги багӏарлъун ватила ва щиб абилебали лъаларого хутӏана, цинги гьечӏин абун инкар ккуна. Гусаевасул гьимиялдасан дида бичӏчӏана гьев дида божичӏолъи, амма кабинеталда жанибго дица хӏукму гьабуна гара-чӏвари басмаялде бахъунгутӏизе. Дун гӏамал-хасията-лъул рахъалъ жасус гуро ва журналистикаги намус-яхӏалда рекъон бачине ккола. Доб гара – чӏвариялъул заманалда нижеда цадахъ вукӏана цо гӏолохъанчи, цевеккун дида гьев лъалароан, хадуб баянлъана гьев Загьир Арухов вукӏин. Жакъаги ракӏалде рачӏуна, Дагъистаналъул унго-унгоял патриоталги, интеллигенталги, лъикӏал гӏадамалги рукӏана гьел. Хӏабургъарал соназул, политикияб къеркьеялъул къурбаналлъун лъугьана кӏиявго.- Тӏасан бачӏараб амруялдалъун газета бахъизе гьукъи гурони, газеталда хъвараб жоялда тӏасан кинал пикраби дозул рукӏарал, хабар кканищ гьелда тӏасан: Гусаевги Аруховги жалгоги цӏаларал чагӏи, журналисталлъидал рукӏарал?- Гусаевас абуна дур газетадила, Гӏалисултан, канализация гӏадин, республикаялъул кинабго чороклъи жаниб реххулеб бакӏлъун бихьулила. Цониги лъикӏаб рахъгойищ дуда республикаялда батулареб ан. Дица гьадин жаваб кьуна: "Тӏадчагӏазда Дагъистан бихьулеб бугин жалго жанир чӏезе рарал гьундузул ва кабинетазул гордухъа. Дидайин абуни, Мухӏамадсалихӏ, Дагъистан бихьулеб бугин власталъ жиндиего санагӏалъиялъе бараб анцӏила ункъго тӏалаялъул миналъун, амма гьениб, дур пикру хӏисабалде босидал, канализация хӏалтӏулеб гьечӏинха. Гьабсагӏаталда газета кьабизе дие гьукъи релълъунин гьеб кӏудияб минаялда жаниб канализация хӏажат гьечӏин абиялда. Гьединаб хабарги ккун, дун ана газета кьабизе цин Астраханалде, хадув Минводы шагьаралда бугеб типографиялде. Льабго соналда жаниб къоло анлъго сапар бухьана газета кьабиялъул мурадалда.- Гьелдалъун лъугӏанищ нужер гьоркьоблъи, яги цойги дандчӏваял рукӏаралищ?- Гьоркьоб заман инелде вахӏшияб хӏалалъ чӏвана М.-С. Гусаев. Гӏемерал харбал рукӏана гьев чӏваялда сверухъги, гьеб батӏияб тема буго. Загьир Арухов вачӏараб мехалда гьес байбихьана дун киналго СМИязулго гӏадаб форматалде вачине. Гьес бакка-батӏи гьабуна "Дагестанцы" газетаги "цивилизованияб" къагӏидаялде бачиналъул хӏакъалъулъ: кьелин компьютер ва гьелъул кумекалъулал алатал, офисалъе бакӏ, информациялъул ва цогидабги хӏажатабщинаб жо, хӏалтӏизе кколин цоцалъ рекъон, амма жидер щаклъи бугинха дуда гъункараб коллектив гӏуцӏизе кӏвеялда абун. Дида лъалелъул гӏадада щибниги букӏунареблъи, хасго власталъул рахъалдаса ва дица гьикъана кинаб тӏалабин нужер рахъалдасан дидехун букӏинебан. Гьес абуна, тӏоцеве, мун рикӏкӏалъизе кколила Хасавюрталдаса, бичӏчӏун батила дуда гьеб щибали, кӏиабилеб – Махӏачхъалаялъул мэриялда ва Госсоветалда хъвагейин. Гьел рукӏана дида къабул гьаризе кӏоларел шартӏал ва дица инкар гьабуна. Цо-цо мехалда Гусаевасул рахъалдаса дунгун кӏалъалаан Гьарун Къурбанов. Цо нухалда гьесул кабинеталда жаниб диргун унеб гара-чӏвариялъухъ телефоналдасан Гусаев гӏенеккун вукӏанилан ракӏалде ккола. Гьарун Къурбановги чӏвана араб соналъ. Дие интерес гьабизе бачӏуна: власталдеги тӏасан ккарал хӏакимзабаздеги рагӏи абизе таваккал тӏамурал журналисталги, власталъул рахъ ккун хӏалтӏулел рукӏарал ва коррупциялъул ишазулъ тӏерхьинчӏел медиа-чиновникалги цого къагӏидаялъ чӏвалел рукӏиналда. Дун барахщула гьел гӏолохъабазда, лъай бугел, цӏаларал, битӏун гӏумруялъул завалалда ругел чагӏи ана гьел нилъедаса. Дида гурхӏулел рукӏанин гьелилан ккола ракӏалде.- Кинха мун чӏаго хутӏарав, дур тӏалаб гьабулел ва власталъул рахъалда рукӏарал гъолги чӏван?- Дун чӏвазе хутӏараб жо букӏинчӏо, дида хадур халкколел чагӏиги рукӏана, гьеб бичӏчӏулебги букӏана дида. Дун хӏехьезе кӏвеялдаса унел рукӏана тӏадчагӏи. Аллагьас дун цӏунана "Черновик" газета ва Камалов Хӏажимурад сабабалъеги ратун. Цебеккун дица хъвалеб, яги басмаялдасан къватӏибе кьолеб букӏараб жо гъоз тӏаде боси гуребги, гъозул хӏалтӏул къагӏида диралдаса гӏемер хъачӏаб букӏана. Гьединлъидал власталъул кӏвар буссана "Черновикалдехун". Гьеб бачӏинегӏан дида мадугьалзабаз бицунаан дуда хадур хьвадулел, дур хӏакъалъулъ цӏехолел чагӏи ругин, дидаги лъалаан гьеб. Хвезе лъиего бокьуларо, амма цо гӏорхъодаса ворчӏарабго инсанасул гӏамал-хасият хисула, гьев батӏиявлъун лъугьуна ва жиндирго гӏумруялда хӏинкъи нахъе уна. Амма хӏинкъи лъугӏуларо гӏагаразул рахъалъ: доб мехалда дир гӏадат букӏана бакъанида, маркӏачӏол гӏуж щолаго гьитӏинай ясалъул ясгун азбаралда сверулеб. Цо нухалда подъездалда эхетун ватана гӏемер дандчӏварав, амма дида жив лъаларев гӏолохъанчи. Хӏинкъи чӏалгӏарав дун кӏалъана гъосда ва гьесул хабаралъ жеги щакдаризеги тӏамуна. Цӏакъ захӏматаб хӏалтӏи ва заман букӏана гьеб дие ва цо-цо хъвадарулеб мехалда хӏадур вукӏана дунго чӏваялде. Хӏинкъизе лъугьана дун цощинаб гъой гьитӏинай яс йигеб бакӏалда ккеладай гьединаб жоян, гъолъул гӏумруялъулъ хутӏизе рес бугелъул рекӏелъа нахъе унареб лъалкӏ, квешаб асар. Амма талихӏ бугев чи вукӏун вуго дун, хӏасилул калам дун хвасар гьавуна "Черновик" газета къватӏибе бачӏиналъ. Лъебергоялдаса цӏикӏкӏун соналъ журналистлъун ва анцӏила щуго соналъ дунго бетӏергьанаб газеталъул редакторлъун хӏалтӏаниги, дида ракӏалде кковухъе, дица жеги прессаялдаса дирго мурадалда пайда босичӏо ва мухьдахъ чияр макъалаги бахъичӏо. (Нижер баяназда рекъон, Гӏалисултан чӏаго хутӏиялъе ккун рагӏула цоги сабабги, амма суалал кьуниги живго Гӏалисултаница гьелъул хӏакъалъулъ бицен гьабичӏо ва хабар-кӏал цогидаб рахъалде сверизабуна. - Ред). - Хӏажимурад Камаловас жиндирго гӏумру кьунин коррупциялде данде гьабулеб къеркьеялъухъин абизе бегьула. Дуда ракӏалде кколищ Хӏажимурад газеталда рахъарал макъалаби сабаблъун чӏванилан?- Дица гъоб цебесеб пикру лъугӏизабила. Дирго гӏумру "Черновикалъ" хвасарлъараблъиги бичӏчӏун, живго Хӏажимурадие баркала загьир гьабизе бокьун букӏана дие. Бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏарал темаби гъоз рорхулеб, чӏварав министрасулгун "Черновикалъул" кьал бугеб мехалда дица гара – чӏвари гьабуна Хӏажимурадилгун ва гьеб "Дагестанцы" газеталда бахъана. Гьеб букӏана Хӏажимурадицаги гьесул газеталъги бицунеб жо халкъалъухъе щвезабиялдалъун гьев чӏвазе рес бугел чагӏи чӏезаризе тӏамулеб гали, дирго рахъалдаса баркала загьир гьабураб ва налъи тӏубараб гӏадаб иш.- Гъосда лъалеб букӏанищ живго чӏвазе бегьулеблъи?- Гъов хӏадур вукӏана гьеб хвел къабул гьабизе, гъваридго Аллагьасда божулев чи хӏисабалда. Букӏана гьеб темаялдаса хабарги. Гъов божарав вукӏана къадаралда ва гьелдаса ворчӏизе бакӏ гьечӏолъиялда. Амма дида ккола гьеб букӏанин Хӏажимурадил гъалатӏ. Гъваридго Исламияб гӏелму дида лъачӏониги, дица гӏемер батӏи-батӏиял тӏахьал цӏалана Инсанасулги Тӏадегӏанав Аллагьасулги гьоркьорлъаби гӏуцӏараб хӏакъалъулъ. Масала, анлъго батӏияб инжил, Аллагь вукӏин чӏезабулел жакъасел гӏелмиял асарал ва цогидабги. Дида бичӏчӏухъе, Аллагьас Инсанасе кьун буго гӏумруялъул нух тӏаса бищизе рес. Гӏамалалъ къадар хъвалинги абун бугеблъидалха. Гьеб буго гъваридаб ва захӏматаб суал…- Гӏемерал чӏвана гьел захӏматал соназда журналистал, Хӏажимурадица гӏадин рагьун власть какичӏелги чӏвана, гьелъие сундулъ бугеб гӏилла дур хӏисабалда?- Нужер газеталъги борхулеб бихьана гьеб суал. Дир хӏисабалда, гьел чӏварал журналистазул гӏемерисел рукӏана хасал хъулухъазул хӏалтӏухъаби, амма гьеб рахъалъ исламияб темаялда хӏалтӏулел рукӏаразул хӏакъалъулъ дида абизе кӏоларо, щайгурелъул гъозул макъалаби дица цӏаличӏелъул. Журналистикаялда хӏалтӏулел хасал хъулухъазул хӏалтӏухъабазул гӏемерисезул хьвада-чӏвадиялъулъ ва хӏалтӏул къагӏидабазулъ бихьизе бегьула пахрулъи, жиндирго ритӏухълъиялда ракӏчӏей ва дандиязде бер-ракӏ щунгутӏи. Дир пикруялда, гъоз хӏалтӏизабулеб пиша журналистика кколаро. Щивав журналистасул рекӏелъ букӏине ккола бахине ихтияр гьечӏеб моралияб гӏорхъи, журналистазул цӏаралда гъоркь хасал мурадазда, яги лъил бугониги заказазда рекъон хӏалтӏулел гӏадамал релълъуна киллеразда, ай мухьдахъ гӏадамал чӏвалел чагӏазда. Гьездехун тушбабаз гурхӏел гьабунгутӏиялда гӏажаиблъизеги бачӏунаро.- Хӏажимурад Камаловги гъозул чийищха вукӏарав? Цоги, спецслужбаялъул вакилзабаз божилъиялдаса арал жидерго чагӏи чӏвалел ругилан абизейищха дуе бокьун бугеб.- Дун вуго журналист ва цере ругел якъинал хӏужабазул кьучӏалда пикру загьир гьабулев чи (аналитик). Гьединлъидал кӏиабилеб суалалъе дида кинабгӏаги жаваб кьезе кӏоларо. Амма тӏоцебесеб суалалда хурхун гьадин абила: харбал рукӏана "Черновикалъул" хӏалтӏухъабазул рукъзабахъ милициялъул хӏалтӏухъабаз чӏухь балеб мехалда, живго Хӏажимурад хассал хъулухъазул офицерасул удостоверение бихьизабун тун вугилан. Амма дида гьев чӏваялъулъ политикиял гӏиллаби ругин ккола. Гӏемерал чагӏазда тенкон вукӏана гьев. Гьелде тӏадеги жакъасев президентасул цӏакъго аскӏосев чилъун лъугьун вукӏанинги абула, цо божизе кколеб газеталда Хӏажимурадие министрасул хъулухъ кьолеб букӏанинги абун буго. Гьарун Къурбанов чӏваялъги Хӏажимурад Камалов чӏваялъги дида кколеб буго президентасул команда загӏиплъизабизе гьабураб гали батилинцин, амма цойги гӏилла батизеги рес буго, масала, хъулухъ-ишалъулаб мурад. Дида ракӏалде ккола Хӏажимурад гьес цебехун хъваралъухъ чӏвачӏин, хадуб хъвазе бугеб, яги политикаялъулъ гьес гьаризе рес бугел ишал сабаблъун чӏванин.- Мухӏу тӏалъиялде вачӏарабго танин ккола дуца власталъе гьабулеб критика. Гӏунгутӏаби лъугӏунищ, яги ракьцояв вукӏин хӏисабалде босунищ "Дагестанцы" газеталда гьев кӏочарав?- Течӏо. Мухӏу Гӏалиев хъулухъалде ккана Мухӏамадгӏали Мухӏамадовас кумекги гьабун, ирсилав кӏудияв гӏезегӏан. М. Гӏалиев хъулухъалде ккезе бокьичӏел ва гьев цебесеб системаялъул вакил вугин, хъулухъалде тӏамизе бегьуларилан ЮФОялда Президентасул вакил Д. Козакгун Махӏачхъалаялъул аэропорталда дандчӏварав анцӏила микьго жамгӏияв вакиласдаса гӏуцӏараб къокъаялда гьоркьов вукӏана дун. Дир пикруялда, Козакги гьелда рази вукӏана, амма, биценалда рекъон, нилъер чиновниказ Мухӏу Гӏалиевасде данде жиндир кандидатура букӏарав С. Мухӏамадов, самолетги кватӏизабун, Путинилгун дандчӏваялде виччаларо. Дида квеш бихьун букӏана гьел шартӏазда магӏарул чи президентлъун вачӏин. Амма доб мехалда нижеца нижеего хӏукму гьабун букӏана кӏиго соналъ Мухӏул гъалатӏалги загӏипал рахъалги рихьунгутӏизе. Хадуб ккана ракӏалда букӏинчӏеб иш: рекъечӏел къотӏабазда рекъон, президентлъун вачӏарав гьесда кӏвана ирсиласул гьалмагълъиялдаса ворчӏизе ва гьединлъидал газеталъ якъинго загьирлъулареб куцалда президентасул рахъ ккуна. Гьесги цебесеб власталде дандеккун пачалихъалъулги Дагъистаналъулги мурадалда хӏалтӏи гьабуна.- Гьеб бакӏалда лъалхъизе ккола, Гӏалисултан, щиб кӏвараб Мухӏуда гьабизе? Дида ракӏалда буго 2009 абилеб соналъул хасел, бащдаб хасел ана канлъиги, хинлъиги рокъоб гьечӏого Мухӏуде ва Амировасде хьандолаго гӏадамазул. Цо-цо майдан бахун мэрасухъеги унаан канлъи биччаян, гьелъги хӏасил кьолароан…- Махӏачхъалаялъул коммуналиял хъулухъазул хӏалтӏудалъун Мухӏуе къимат кьезе бегьуларо. Гьенив вугев чиги Москваялъ ккун вукӏин дуда лъала, жакъасесдаги кӏоларо гьесда щибниги абизе. Дица Мухӏуе къимат кьола государственник, гьединго Россиялъулги Дагъистаналъулги патриот хӏисабалда. Мисалалъе, Мухӏу Гӏалиевасда кӏвана Азербайджаналъулгун Россиялъул президентаз гъулбасине хӏадурараб ва Дагъистан республикаялъулги лезги миллаталъулги мурадал мукъсан гьарураб хӏукму нахъчӏвазе, ай Дагъистаналъул интересал цӏунун кӏалъазе. Мухӏу Гӏалиевас хӏалбихьи гьабуна Москваялде гьаниса баччулеб букӏараб гӏарцудаса магъало тӏад буссинабулеб гӏадат хвезабизе. Амма гьесде дандечӏей хӏисабалда, Москваялъул цо аэропорталда ккуна нилъер самолеталда добе бачӏараб гӏарцул цӏураб чанго сумка. Прессаялда букӏараб баяназда рекъон, гьеб букӏана гӏадатлъун билълъараб откаталъул бутӏа, милициялъул хӏалтӏухъабазин абуни гьеб гӏарцуда гьоркьоса чанго миллион гъурущ бикъула, цо бутӏайин абуни жидерго футболалъул команда хьезабиялъе рехула. Гьебги букӏана Москваялъ чиновниказда Мухӏу Гӏалиев квеш вихьизавизе гӏуцӏараб провокация. Нилъеда лъала жиндирго хъулухъалдаса нахъе унеб мехалъ Мухӏу Гӏалиевас бихьизабураб намус-яхӏги бихьинчилъиги: гьес жиндаго мустахӏикъаб ишлъун рикӏкӏинчӏо республикаялъул нухмалъулев тӏамулаго тӏадегӏанал чиновниказ хӏараб спектаклялъулъ гӏахьаллъи. Гьелдалъун Мухӏу Гӏалиев махӏрумлъана живго гӏадин хъулухъалдаса эркен гьарурал чагӏазе кьурал орденалдаса ва хъулухъалдаса, амма бихьинаб хьвада-чӏвадиялъ гьес Москваялда бихьизабуна тӏолалго дагъистаниял лъугьараб ахӏвал-хӏалалда "хадур гъоларел" тӏадагьал, яги намус-яхӏ гьечӏел чагӏи гуреблъи. Гьеб гьабизе кӏолел гӏадамал гьечӏо нилъер политиказда гъорлъ.- Амма Мухӏуда кӏванаха ӏ991 абилеб соналъ Мухӏамадгӏалихъеги, 2011 абилеб соналъ Мухӏмадсаламихъеги Дагъистан кьезеян тӏаде жубай…- Дида рагӏухъе ва бичӏчӏулеб куцалъ, 1991 абилеб соналъ Мухӏамадгӏали тӏадегӏанаб хъулухъалде виччазе гьев тӏамуна гьесда цеве вукӏарав обкомалъул секретарь М. Юсуповас, 20ӏӏ абилеб соналъин абуни коррупциялъ кодобе босараб Россиялъул тӏалъиялъе гьев данде ккечӏо. Гьениб Мухӏу Гӏалиевасда гӏайиб чӏвазе бакӏ бихьуларо дида, амма мукӏурлъизе ккола, гьес жиндирго бакӏалде мустахӏикъав чи ккезавиялъеги щибго хӏалтӏи гьабичӏо.- Мухӏуде гӏайибал гӏунтӏизари хӏажат гьечӏо нижееги, лъала гьесул тӏокӏлъабиги, хъвазеги хъвана, амма цо-цо фактал абурал жал тӏирун чӏолаха гьелда данде…- Киналго магӏарулазул церехъабазул гӏунгутӏи буго гьадинаб: цоял ххвалие, цогидал рихьдае, лъабабилелин абуни унго-унголъиялдаги интернационализм хӏазе лъугьуна.
Нилъеда бихьухъе, аварал тун батӏиял тӏадчагӏаз жидерго миллаталъе санагӏалъаби гьарула, аваралин абуни хӏалтӏизе лъугьуна Дагъистаналъулги тӏолалго дагъистаниязулги мурадалда. Гьелъие гӏиллалъун ккола авар миллат барщун, камиллъун ва цӏубан букӏин, нилъер мадугьалихъ ругел халкъазул гӏамал-хасият жеги къавмазул даражаялда буго. Гьеб дица ургъараб гӏилла-багьана гуро, гьединаб пикру загьир гьабула саламатал ва рикӏкӏунел гӏалимзабаз. Гьеб буго нилъер миллаталъул къуватаб ва жакъасел шартӏазда загӏипаб рахъ.- Жакъасев президентасул цониги тӏокӏлъигӏаги бихьулеб бугищ дуда?- Щай гьечӏеб? Руго тӏокӏлъаби: гӏолохъанлъи, лъаялъул тӏадегӏанаб даража (гӏелмабазул доктор), вихьизе лага черх бугев, бечедаб наслу-тухумалъул чи. Гьеб буго тӏасияб, берда бихьулеб рахъ. Жакъа киназдего гӏагарун бечедал чагӏаз гьесул рахъги кколеб буго.- Хӏасилал ругищ гьесул хӏалтӏул, дуда рихьулищ гьел?- Рихьуларо, хадурккун рукӏининги ракӏалде кколаро. Щайгурелъул, гьев президентлъун толаго, гьесги гьесул наслу-тухумалъги кумек гьаризе ккана гуч цӏикӏкӏарал гӏадамаздаса. Гьел чагӏазда цере ругел моралиял ва цогидалги налъабаздаса, кӏиго сон аниги, ворчӏизе кӏвечӏин гьесдайилан пикру бижула нилъер нухмалъулесухъ балагьун. Эркенго хӏалтӏизе лъугьарав Мухӏу Гӏалиевасе Москваялъ гьабураб бихьун бугелъул, дир пикруялда, жеги Дагъистаналде гӏуцӏарухъанлъиялъул ирга щун гьечӏо, гьаниб рагъ ккечӏелдаса нахъе тӏадегӏанал чиновниказе гӏемер ургъелги гьечӏилан ккола ракӏалде. - Владимир Путинил ахирисеб хитӏабалда бицунеб буго субъектазул бутӏрул тӏолго халкъалъ рищизе кколин абун. Дуда вихьулев вугищ гьав цогидаздаса тӏокӏав вугин абизе бегьулев чи магӏарулазда гьоркьов?- Гьев чи нилъеца магӏарулазул съездги гьабун тӏаса вищизе ккола, дир пикруялда. Гьединав чиясда цудунго цӏар чӏвайги ахӏмакъаб иш буго. Церехун нилъеца жидер хӏакъалъулъ бицен гьабун рукӏарал Мухӏамадсалихӏ Гусаевги Загьир Аруховги Дагъистаналъул президенталлъул рукӏине мустахӏикъал чагӏи кколилан абун букӏана цо-цо журналистаз. Нилъер гьаниб квешаб гӏадат буго саламатаб ишалъе барщарал, махщалилъ камиллъарал гӏолохъаби гӏагаразеги миллатазеги камулеб. Гьединлъидал рачӏа заман щвезегӏан сабру гьабизе. Ахӏвал-хӏалалъги заманалъги цере рехула кинабго.- Магӏарулал цойиде рачӏинин дида ракӏалде кколаро, киналго политиказе бокьун буго президентлъун я живго, ялъуни Мухӏамадсалам вихьизе, цогидав магӏаруласул рахъ кквезе хӏадурарав чи дида лъаларо.- Кӏудияб роценалда абуни, нилъее – гӏадатиял гӏадамазе батӏалъи букӏине кколаро республикаялъул тӏадегӏанаб хъулухъ-ишалде щив вачӏаниги, аслияб жо – гьев пачалихъалъул ва халкъалъул мурадал цӏунун ва законалда рекъон хӏалтӏи ккола. Гьеб ишалъулъ нилъеда жеги лъаларо Москваялъул позиция кинаб букӏинебали: гьезие бокьани, гьезда кӏола гӏадатияб лъаялъул гӏолохъанчи хъулухъалдаги лъезе, Россиялъул мурадазда гьев хӏалтӏизеги гьавизе, гьесие кколеб кумекги гьабизе (мисал – Чеченистан ва Рамзан Къадиров). Нилъеда бихьухъе, коррупционеразул кьеразулъ вукӏинчӏев философиялъул доктор Москваялъе данде ккечӏо, гьев хисун хъулухъалда тана кутакаб ва гучаб тухумалъул вакил…Гӏадада батиларо умумуз бакъ-моцӏалъул гӏелму лъазаби хӏакимасул пикруялда хадур гӏунтӏиялдаса бигьаяб бугилан абун батараб.
Хунзахъ росулъа Хӏанапиевазул хъизан, Гиннессил чӏелазул тӏехьалда жидер цӏарал хъварал эбел ва вас, Дагъистан тун къватӏирехунги лъала чорхолъ бугеб тамашаяб къуваталдалъун, батӏи-батӏиял ва хӏикматал гьунарал рихьизарун бажарулел чагӏи хӏисабалда. Жакъа рес ккана, гьезул мина-къайи батизе гӏезегӏан бигьалъичӏониги, Гъизилюрт шагьаралъул рагӏаллъуда бугеб Ханар росулъе, Сакинатихъе щвезе. - Сакинат, жакъа цӏадги балеб, гьарзаго хӏарщги бугеб къоялъ духъе ниж щвана хӏалицаго. Мун ятана нижехъ балагьун чӏун. Гьалбал рокьулищ дуе? - Кутакалда рокьула. Абиго буго ниж, хунз, гьалбал хириял чагӏи ругин абураб. - Рачӏун хадуб кинха дуца гьел къабул гьарулел, кинаб квен гьабулеб, мисалалъе щиб жакъа дуца кьелеб нижее? - Тӏоцере дица гьел рачуна кваназе, хадур рукӏуна хабар-кӏалалда. Нилъер умумузул дол гӏатӏахинкӏалги, буцараб тӏехги берцин бихьулеб гьечӏо гьанжесел гӏадамазда. Кӏудиялги гьитӏиналги ругьунлъун руго чай-чедалде, дицаги тӏоцебе цебе лъола гьеб, хадуб гьабула цогидаб квен. Жакъа радал дица гьабун букӏана рахьдал чурпа, нужееги гьабсагӏаталда кьелаха гьебго, нуж чӏухӏичӏони. - Чан лъимер дур бугеб? Щиб цӏали-хӏалтӏи дуца нахъа тараб? - Дир букӏана ичӏго лъимер, гьезул цояв хвана, микьгоял нахъе руго – цо васги анкьго ясги. Бетӏергьанчи хунги батила 10 сон. Унтарав бетӏергьанчиги вугони, ичӏго лъимерги бугони, гьаб кӏиябго квералъ хӏалтӏи гьабизе ккана кидаго. Магӏарухъ лъугӏана ичӏго класс, цӏалана Буйнакск шагьаралда бугеб руччабазул училищеялда, хадуб 10 сон бана росулъ. Цинги хунздерил гъутаналда дояркалъун йикӏана, харида хӏалтӏулезе квен гьабуна, бакӏарана гьезул мина-къайи, чурана ретӏел-хьит. Гьенисан, цо дагьаб магӏишат лъугьараб гӏадаб заманалда, Султанянгъиюрт росулъ минаги босун, ниж рахъана гьенире, (гьениб бана 27-28 сон). Хӏалтӏана Гъизилюрталда бугеб тукада, поликлиникаялда санитаркалъун, сельхозтехникаялда уборщицалъун. Гьанже пенсиялде ун буго 10 сон. - Пенсия кигӏан бугеб? - Пенсиялъул буго 2600 гъурущ, гьелде тӏаде бачӏунеб жоги тӏокӏаб гьечӏо, тӏаса унебги щибго гьечӏо. Амма хӏукуматалъ битӏун гьабулеб батилин абун дун гьелдаса кидаго рази йикӏуна, тӏокӏаб цӏикӏкӏун букӏине кколеб батилароха. Дун йиго кидаго ритӏухълъиялда хьвадарай гӏадан, дида аскӏов вугесги ритӏухъго гурони хӏалтӏи гьабулеб батиларин ккола дида. - Мухӏу Гӏалиевасул бакӏалда тана цӏияв президент. Гьелда хурхун щиб дуца абилеб? - Гьанже гӏенекке мун. Гьев вуго нижер районалдаса чи, Мухӏу гьеб хӏалтӏуде тӏамураб заманалда дунги Гӏумарги рукӏана Махӏачхъалаялда цо данделъиялда, цееги яхъинаюн дие рагӏи кьуна кӏалъазе. Дица абуна: гӏияда цӏияв вехь тараб заманалда, я Аллагь, гьесул тӏил битӏараб батагайин абулин нижеца. Гьебго мисалалда, нилъерго мацӏцояв, миллатцояв, лъай-цӏали бугев чиги рагӏулин гьев, дов вехьасулго гӏадин гьесулги тӏил битӏараб батагийин гьариги гьабун букӏана. - Къабуллъанадай гьеб? - Цо чияс абулеб рагӏун букӏана жиндиего жоялда хадув лъугьунарев чи вугила Мухӏу. Гьедин бугищ гьеб гьечӏищ лъаларо, гьаб заманалда гьересийищ гӏемерлъун бугеб, хӏилла-рекӏкӏищ цӏикӏкӏун бугебалиги лъазе кӏолеб гьечӏо. Гьесул квешаб рахъ дида жеги рагӏун букӏинчӏо. Дида бараб жо гьечӏелъул, гьав цӏияв толесеги дица гьарила добго, Аллагьас нух битӏаги гьесие. - Цӏияв президент гӏемер лъачӏониги, дур вас Гӏумар, гьунар бугев чи хӏисабалда лъала, гьелъ щиб рохел дуе кьолеб? - Ичӏго лъимералда гьоркьоб гьесдехун батӏияб рокьи киданиги букӏинчӏо, киналго цадахъ гӏуна, кинабго цадахъ гьабуна. Гьабсагӏаталда щиб бугеб дир рохелин абуни, гьеб буго гьесдасан гӏадамазе рохел букӏин. Бищунго дун йохараб жо щибилан абуни, гьеб буго гӏумруялда жаниб гӏадамасе заралалъе щибниги жо гьес гьабичӏолъи, Аллагьги гьесдаса вохун ватани дагьабги бокьилаан дие. Гьабсагӏаталда гъосул буго самолетал, поездалъул локомотивал рехъерхъун, черхалда тӏад жемарал рахсал тӏутӏун, цогидаб гьабун Гиннессил чӏелазул тӏехьалде босараб 35 рекорд.
Гьитӏинаб къоялдаса нахъе Гӏумарил букӏараб хасият буго цо жоялда тӏад гъваридго ургъулеб. Цогиги, гьесул чорхолъ кидаго букӏараб ва бугеб гӏамал буго дун гьитӏинав вугин, дихъа гьеб иш бажариларин абун чӏечӏого, кинабго рагӏалде бахъинабулеб. Кигӏан захӏматаб бугониги хӏалтӏуде тӏоцеве кӏанцӏун гьабулаан инсуде ккарабги диде ккарабги. Кормаялъул кӏудиял хъапал гьакиде рехулаан, харил тукал рорхулаан, кинго чӏолароан хӏалтӏудаса къун. Лъаларо, захӏматалъ, хӏалтӏуца рагьараб гьунарищ гъосул гъобали. Амма Гӏумарица абула гьалда-долда, кванида яги цогидалда бараб жо щибниги гьечӏин, гьеб бугин Аллагьас кьураб гьунар, аслияблъунги бугин сахлъи ва гьабулелъулъ сабур. - Дур буго 76 сон, амма дур чӏаголъиялъухъ балагьун дуе гьел сонал кьезе ресго гьечӏо. Дур рекӏелъ щиб бугеб? - Халгьабе гьанже, дида бихьарабщинаб заманаялъул, дида рихьаралщинал лъугьа-бахъиназул хӏисаб гьабураб мехалда дида ккола ратилин дир гьел сонал абун. Рукӏин лъала, амма кодор ккун гьал гирябигун йигей гӏаданалда жеги гӏолохъанго йигинги ккеларищха. - Кида ва кин байбихьараб дуца гиряби рорхизе, гьеб ишалъулъ кинал ругел мун разиял хӏасилал? - Маххул уголок кьурула, борхула 32 кг бугеб гиря (жакъа нижеда бихьунги борхана чанго нухалъ - Гӏ. Гӏ.), тункула 60 кг бугеб штанга ва гь. ц. Султанянгъиюрталда ругеб заманалда нижер азбаралдаса киданиги тӏагӏинчӏо гиряби. Дунги йикӏунаан Гӏумарида хадуй цин гьел рацӏун, цин гьел дора-гьанир лъун. Гӏумарицаги гьабулаан махсара гьа эбел, борхейин гьаб гиря, тӏейин гьаб рахас абун. Дуда кӏвараб дида кӏвечӏогойищ букӏинебинги абун дицаги росана гьел кодоре. Гьедин, 28-30 соналда жаниб гьеб махх-кӏачалдаса ятӏалъараб заманго лъаларо дида. - Киса къуват, сундулъ бугеб балъголъи – квенищ дур хасаб бугеб, дарабийищ дуца тӏасан ккун гучал хӏалтӏизарулел? - Гьелда лъезе цӏар я дида, я Гӏумарида лъаларо, цохӏо Аллагьасда бараб буго нижер кинабго иш. Аллагьас рижунги руго нилъ, нилъер магӏишаталъе кинабго бихьизабунги Аллагьас буго, Аллагьас кьун буго къуватги. Гьаб гӏумруялде яхана дун, кигӏан нужекьа нечаниги, жеги больницаялда карточка гьечӏо дир, я укол гьабичӏо, ялъуни дару бихьичӏо. Кьун буго сахлъиги рекӏее сабурги. Гьечӏо дир кинабгӏаги хасаб квенги. Битӏун бицани, дие бищун рокьула ражигун хинкӏал басрияб гьангун цадахъ, бегьула бакьги, гьуинлъи гӏемер кваналаро нижеца. - Радал тӏаде яхъарабго зарядка гьабулищ, цӏорораб лъелъ чвердолищ? - Чвердолила дуе. Амма дун квачалъукьа хӏинкъуларо. Какие чуризе гӏадамаз хинаб лъим балагьула, дица чурула цӏорораб лъеца. Радал тӏаде яхъарабго гьабула зарядка. Цинги, аскӏоеги ун, чӏаго ругищ, щиб гьабулел нуж ругелинги абун кодоре росула гиряби… - Гьаб иш, махх-мачӏ цӏацӏай гӏагараб заманалда тезе ракӏалда бугищ? - Чорхолъ рухӏ букӏунебгӏан мехалъ тезе ракӏалда гьечӏо. Гӏумарие гӏололъунги, кигӏандай гъосие гьаб хӏалтӏи захӏмалъулебин абураб пикруялъги батила дица гьаб гьабулеб. Я унтун йикӏин, я херлъун йикӏин гъосда бихьизе биччалареб хӏисабалда буго дир къаркъала гьадин чӏезабун. - Нужее кӏиязего щварал грамотабаз, батӏи-батӏиял баркалаялъул кагътаз цӏун буго кӏудияб гъамас. Гьезда ва нужее щварал цӏаразда рекъараб гъурщазул цӏад банищ нужеде? - Нижеде баларо гьединаб цӏад. Тӏокӏлъи гьариларо, амма хӏажалъиялдеги ккогеги. - Цӏар бугев вас, жеги анкьго яс. Лъикӏаб сахлъиялда, пагьму-лъаялда йигей мун. Щиб букӏунеб Аллагьасде гьарулеб жо? - Цӏалулеб Къуръаналда, тӏубалеб вирдалда хадуб, цере квералги ккун дица гьарула цохӏо вугев васасе, гӏага-божаразе, киназего баракат. Щивасул рокъобе бачӏаги рохел, къватӏиве вахъарав мурад тӏубан вуссаги рокъове. Квешасул квешлъи гьукъе, Аллагь, лъикӏасул лъикӏлъи биччай, дин-ислам къалъизабе, хӏалалаб кодобе щвезабе, хӏарамаб рикӏкӏад гьабе. Воре, Аллагь кӏочон тараб жо гьабуге. - Дуца бечелъи гьаричӏоха… - Киданиги гьаричӏо боцӏи кьеян. Аллагьасе бокьани бокьухъин кьола, Алхӏамдулиллагь, щукру Бетӏергьанасе, кьуралда рази йиго. Гара-чӏвари гьабуна Гӏабаш Гӏабашиловас "Хӏакъикъат", №6, хамиз, 18 февраль 2010. Сакинатил цойги суратал нужеда ратила дир гӏрус мацӏалда бугеб блогалда раккани.
Рикӏкӏадаб сапаралдаса вуссарав чиясда гьикъаризе рачӏунеб гӏадат буго гӏемерал росабалъ. Тӏаде рачӏаразе бакӏги кьун, гъоркь рукӏарал нахъеги уна. "Киве аниги, рукъалде лъикӏ вачаги, мурад тӏубан, вуссаги!" - ян абула нахъе унелъул. Сапаралдаса вуссарав чиги, жив росулъ гьечӏеб заманалда хвел-гӏел ккун бугони, зигара яги рахьи базе унеб гӏадат буго. Лъимер гьаби баркулаго абула: баракатаб лъимер батаги; иман-бахьи бугев(й) лъугьаги; эбел-эмен рекъон хьихьарав(й) ватаги(ятаги)... Зигара балелъул абула: иманалда тӏовитӏарав ватаги; алжан къачӏазе арав ватаги; нахъе ругезе гӏумру кьеги... Унтарасда аскӏоса нахъе унелъул: Аллагьас кумек гьабеги; Аллагь гурхӏаги сахлъи кьеги; дун арав гӏадин, чорхолъа унтиги аги...
Хъазицаги царацаги тӏанчӏи дандран рукӏанила. Цин цер чанабе ун, тӏанчӏи хъазица хьихьун, цинги хъаз ун, тӏанчӏи цараца хьихьун, гьеб магӏишаталда гьезул гӏезегӏан мех анила. Цо къоялъ кунеб жоялда хадуб хъазги ун, цер тӏанчӏазул милаталда рокъоб хутӏанила. Хехго кӏудиялги гӏун, гьайбатго ругел хъазил тӏанчӏазде царал цӏакъ хиял кканила. Дагьаб мехалъ яхӏ гьабун букӏанила, ахирги, чӏезе кӏвечӏила: сахаб гӏадаб цо тӏинчӏ кванила. Кӏал-берги бацӏцӏун, хӏули-милъирги бахчун, пашманаб ххвелги гьабун, цер тӏепун чӏун букӏанила. Ракӏалда хъублъи гьечӏеб хъаз, тӏанчӏазе кваназе жоги балагьун, рокъобе бачӏунеб букӏанила. Хъаравуллъи ккун чӏараб цер хъазида данде бортанила ва нилъер цо тӏинчӏ камун батанилан бицанила. - Дурищ, дирищ? - абун гьикъанила хъазица. - Дур, дир щиб букӏунеб дандбараб магӏишаталъул? Габурхалатазул цояб камун буго, - ян цараца хъазил рагӏи гӏад гьабунила.
Инсуца васазда, нуж рекъа-решон рукӏаян буюранила, амма гьел гӏенеккичӏила. Цинги гьес, жулги босун, рачӏа, гьаб бекеян абунила. Кигӏан гьез жигар бахъаниги, гьезда гьеб бекизе кӏвечӏила. Цинги инсуца жулги бичун, цо-цо чӏор кьунила. Васазда чӏорал бигьаго рекизе кӏванила. "Балагье, лъимал, нужер ишги гьедин ккола. Нуж цоцалъ рекъон ругони, нужеда гӏадамал хъвазе гьечӏо," - ян абунила инсуца.
Магӏарулазул бищунго некӏсиязул цояблъун ккола Кӏикӏуни росу. Гьелда сверухъ гӏасиял кьурабиги гъваридал кӏкӏалалги гӏемерал руго. Балагьарав чиясда гьабсагӏатги рихьула гьенир цо чаран кьурулъа тӏаде чӏварал рицатал цӏулал магӏал. Мех баялъ гьел лахӏчӏегӏерлъун ва кьватӏ- кьватӏун руго. Гьел чӏван руго Чӏегӏергӏоралда тӏаде далараб кьурулъ бугеб картӏил кӏалтӏе щвезегӏан. Гьеб гӏажаибаб нухалъул хӏакъалъулъ халкъалъ гьадин бицуна: "Гьанжеялдаса нус-нус соназ цебе, чаран кьурулъ цӏулал магӏалги чӏван, гьениве вахун вуго цо вас. Кьурул картӏиниб наязул рукӏун букӏун буго. Гьоцӏоги босун вас рокъове вачӏарав мехалъ, гьесул эбел йихха-хочун йиго. Гьей хӏинкъун йиго, васас гьоцӏо бикъун батилилан. Гьедин букӏун батани, бакӏалъул гӏадаталда рекъон, вас кьурулъа гъоркье рехизе кколев вукӏун вуго. —Хекко, дир вас, гьеб букӏаралъубе щвезабе! —ян сородилаго гьарун буго эбелалъ. —Бикъараб гьеб кваназегӏан, ракъуца хвей лъикӏ! —Хӏинкъуге, эбел, гьаб бикъараб гуро. Гьалъул бетӏергьаби кьурулъ рукӏнал ккурал гӏалхул наял руго. Амма наял чӏараб бакӏ дица лъиданиги бихьизабиларо, —ян гьедун вуго вас. Гьебмехалъ эбел дагьай гӏодойиччан йиго. Нахъисеб къоялъги вас сапаралъ вахъун вуго. Гьесда хӏинкъарай, балъголъи лъазе бокьарай эбелги васасда хаду-хадуй ун йиго.
Доб борхатаб кьурул ракьанде щвараб мехалъ, вас дагьалъ лъалхъун вуго. Жинда хадув хал ккурав чи вугищан, рахъ-рахъалде валагьун вуго. Кидаго гӏадин, хъахӏилал зобазул борхалъуда эркенго боржанхъулеб цӏум гурони, васасда батӏияб рухӏчӏаголъи бихьун гьечӏо. Гьесда йихьун гьечӏо кьурул рагӏдукь яхчарай жиндирго эбел, васасдаса тӏаса росичӏого, ралагьун ругел гьелъул цӏодорал берал. Сундаго щаклъичӏев вас тӏаде вахине лъугьун вуго. Битӏун наязул кӏалтӏе щолаго, гьесул цояб кверзухъа кьуру борчӏун буго. Цояб квералдаги ван, гьев далдалун хутӏун вуго. Гьеб лахӏзаталъ гьесда гъоркьан тӏаде рагӏун буго квешго хӏинкъараб гьаракь, чара тӏагӏарай эбелалъул гьаракь. Кьурулъги багъун, биххун бачӏунеб эбелалъул гӏасияб гьаркьицаги цӏакъго свакаялъги васасул цояб кверги кьурдаса батӏалъун буго. Доб соналъ балагьалъе гӏадин, цӏакъго щун букӏун буго Чӏегӏергӏорги. Лъеда тӏад тӏагъурги хутӏун, чӏегӏерал, хъантӏарал карачалабаз вас жаниве вачун ун вуго. Къобухӏарай эбелги вас хвасар гьавизе кӏанцӏун йиго. Гьейги гьалагаб, гурхӏел гьечӏеб Чӏегӏергӏоралъ жание цӏан ун йиго..." Гьедин букӏана цебе заманалда. Рухӏ бичун хӏалтӏаниги, щолароан гӏорцӏизегӏан квен. Жибго тӏабигӏатцин мискинзабазде данде чӏун бугин кколаан. Хӏисаб тун захӏмат букӏана гӏумру гьабизе. Магӏаруласул гӏумруго гӏадин, кьогӏаб батулаан кьурулъе рахун бахъараб гьуинаб гьоцӏоги.
Хасалица хасалил гӏамал гьабураб лъикӏаб, рииялъ роол гӏамал гьабураб лъикӏаб. Хасало гӏазу бачӏони, риидал цӏад балареб.
Цо чанахъанас гудур гъун букӏанила. Гудрада мохмохил кесек бухьун букӏанила. Гьелда тӏаде цер ккун буго, амма цер тӏаде къан гьечӏо. Гьелъ хиял гьабун буго, дун цодагьалъ чӏелин, щиб гурин лъалеб, цоги батӏияб хӏайванги бачӏун, гудур чвархъизабизе бегьулин, гьебмехалъ инин дун гудраде тӏаде абун. Цо заманалдасан бачӏун буго залимаб бацӏ, бачӏинахъего мохмохида хурхараб бацӏ, чвархъун бачӏун, гудраца ккун буго, рехун гьалдаса добегӏан мохмохги ун буго. Кигӏан къеркьаниги, бацӏида гудракьа бох борчӏизабизе кӏун гьечӏо. Цинги цер ун буго гьелда тӏаде. Гьелъ бацӏида зигара бан буго, нахъе цӏодорлъизе бихьараб батагиянги абун буго. Гӏисинккун мохмохил гьодги букъун, цараца бацӏида къо-лъикӏ гьабулеб букӏун буго. Бацӏица гьарун буго дагьабги мехалъ гара-чӏварун дида аскӏоб чӏайилан. Бацӏил гьари къабул гьабун, сордо бачӏинегӏан цер гьебгун хабар-кӏалалда букӏун буго. Ахир, "квешав чи лъаларо, чараб гьой лъаларо", - янги абун, унеб букӏун буго цер. Бацӏица гьикъун буго нилъ кирдайин гьанже тӏокӏал дандчӏвалаян. —Гьеб дуде гӏадаб къо дида тӏадеги бачӏани, — ян абунила цараца, — Аллагьас хъван батани, нилъ цӏаказул тукада дандчӏвазе бегьула.
Мацӏги, тарихги, маданиятги ккола миллаталъул кьучӏ, гьелъул кьалбал. Гьезие жагъаллъи ккани, миллат тӏагӏуна. Жиндирго миллаталъул мацӏ лъаларев чи, гьеб миллаталъул чи кколаро. Авар мацӏ лъаларев чиясда лъаларо аваразул тарихги, гӏадаталги, халкъалъул маданиятги. Авар халкъалъул мацӏги, гӏамалги, гӏадаталги гӏелалъ гӏелалъухъе кьолаго, мадиро гьабун, умумуз нилъехъе щвезабун буго. Умумуз гьеб хазина нилъехъе щвезабун буго захӏматал нухаздалъун. Жидерго кӏалзулаб пагьму-гьунаралдалъун, гӏумру гьабиялъул лъикӏал мисалаздалъун цӏунун, тӏадеги бечедги гьабун. Нилъеде ирга щведал гьеб къимат тӏадегӏанаб хазина нилъеца билизе тезе бегьуларо. Халкъалъул бищун кӏудияб бечелъи буго мацӏ. Магӏарул хъизамалда эбел-эменги лъималги цоцазда кӏалъазе ккола авар мацӏалда. Мацӏ цӏунизе тӏадаб буго щивав чиясда. Мацӏ ккола халкъалъул цебетӏеялъул нугӏлъунги. Мацӏалдаго цадахъ эбел-инсуда тӏадаб буго лъималазда Авар халкъалъул бахӏарчияб тарих лъазабизе. Бице лъималазе Сариралъул, Аваразул ханлъиялъул, хундерил нуцалазул, рекъав Тимурилги Надир-шагьасулги аза-азар чи вугеб аскаразе нилъер умумуз бетӏер къуличӏолъиялъул. Бице Имамзабазул, гьезул чармилал ракӏазул наибзабазул, чорхол рухӏ босизегӏан рагъарал муридзабазул. Бице лъималазе нилъер гӏалимзабазул, Дагъистаналъе нухмалъи гьабулел рукӏарал аваразул, Ватӏанияб рагъда бахӏарчилъи бихьизабуразул, Авар халкъалъул машгьурал васазул ва ясазул.
Ункънусго соналъ гӏадин нилъер тарихалде щвелалде (до нашей эры) цебе, Бакъбаккул Кавказалда лъугьараб тӏоцебесеб хӏукуматалъул гӏуцӏиялда цӏар букӏана Кавказалъул Албания. Гьеб хӏукуматалъ гъорлъе рачун рукӏана Северияб Азербайджан ва Дагъистаналъул цӏикӏкӏараб бутӏа. Магӏарулазул цо-цо ракьалги унел рукӏун руго гьеб хӏукуматалда гъорлъе. Кавказалъул Албаниялъ гъорлъе бачунеб Азербайджаналъул ракьалде чанцӏулго тӏаде кӏанцӏула Рималъул ва Византиялъул боял. Букӏана заман, гьел Каспий ралъдал рагӏалде щваралцин. Балагьараб мехалъ, Дагъистаналъул халкъаз ва гьезда гьоркьоб магӏарулазги жигараб гӏахьаллъи гьабулеб букӏун батизе ккола Албаниялъул пачаясе румазде данде гьабулеб рагъулъ. Гьелъие нугӏлъиялъе рачине бегьула некӏсияб кочӏол гьадинал рагӏаби:
Нилъер умумуз румалан абулаан, Рималъул гуребги, Византиялъул гӏадамаздаги. Нилъер тарихалдаса цебесеб гӏасруялда (до нашей эры) вукӏарав греказул гӏалимчи Страбоница хъвалеб буго, Кавказалъул Албаниялде гъорлъе унин къоло анлъго батӏи-батӏиял мацӏазул миллатал ва жиб-жиб миллаталъул вукӏанин жиде-жидер хан. Гьелъ рес кьола жеги нилъер гӏасруялде щвелалдего магӏарулазул букӏун батизе бегьулин, жакъасеб бичӏчӏиялда рекъон, тӏубан щвалде щвараб букӏун батичӏониги, доб заманаялда рекъараб хӏукуматалъул жидерго цолъиян. Нилъер тарихалъул (наша эра) 461 соналъ Кавказалъул Албания ккола Ираналъул кверщаликье. /Ясулов Хӏажил тӏехьалдаса/
Дунялалда цо гурони гьечӏеб гьайбатаб махщалил устарзабилъун ккола ансал. Захӏматаб хӏалтӏи ккола цӏулада ишан кьаби. Амма, бихьиназе хасиятаб хӏалтӏи гьеб букӏаниги, захӏматалде ругьунлъарал, кӏвахӏ лъаларел ясаз гьеб умумулъанго ирсалъе щвараб махщел кодобе босун буго ва камиллъизабулеб буго. Ракӏалде ккезе бегьула гӏанса бачӏинахъего битӏа-бишараб, санагӏатги ресги рекъараб букӏунеб батилилан, ялъуни гьел рохьорго гӏунсбилъун рижулел ратилилан. Йохъ, гьедин букӏунаро! Кьур-кьурараб, гьетӏ-гьетӏараб, гӏаркьахараб, ноцӏахараб, рохьоса къотӏахъе бачӏараб жуламул, тӏугьидул цӏул буцӏун, хъухъан, цӏадутӏе ккун, битӏизабула. Цинги, бокьараб тӏагӏелалъе куцги бахъун, данде кколеб сипаталде сверизабула. Гьайгьай, гьеб бищунго захӏматаб хӏалтӏи гьабула хӏалбихьи тӏокӏал бихьиназ. Гьелдаса хадуб тӏагӏалаби рачӏуна ясазухъе ишан кьабизе. Ясаз цӏулада рижизарула хӏикматал накъищал. Гьелъие къваригӏуна цӏодораб, мухӏканаб, щвалде щвараб художникасулаб берги кверги. Гьитӏинго, лъимадул ригьалдаго, босула цо-цояз гьеб махщел. Устарлъи ккола лъицаго кодоса бахъулареб, турулареб, холареб хазина. Гьелъие нугӏлъи гьабула церего нилъедаса арал устарзабаз нахъе тарал гьайбатал лъалкӏаз - берцинал тӏагӏелаз. Цебе заманалда Америкаялде, Англиялде, Франциялде ва цогидалги пачалихъазда выставкабазде, жидерго кверзул махщел машгьурлъизабизелъун, чанги сапарал гьарулаан ансадерица. Гьенир бищунго бечедал маркизазги къиралазги чӏухӏдаего росулаан гьел хӏикматал тӏагӏелал. Бицен буго, гьанжеялдаса кӏинусгогӏан соналъ цебе Унсоколов вукӏаравила Гӏалихӏажияв абулев цӏулал устар. Цӏакъ махщел камилав чи вукӏаравила гьев. Гӏалихӏажияс лълъиналги гьарулаанила. Лълъинигӏалихӏажияв абун тӏокӏцӏарги лъун букӏарабила гьесда. Хадув гьев ругьунлъанила цӏулал батӏи-батӏиял тӏагӏелал гьаризе, тӏад тӏеренаб маххул кварил накъищги гьабун. Гӏалихӏажиясдасан ругьунлъун, цогидазги гьеб устарлъи босарабила.
Расул Хӏамзатовасул кечӏ цӏалулеб буго Болъихъ росдал гьоркьохъеб школалъул 2-абилеб классалъул цӏалдохъан Хӏадисхӏажи Шалаповас.
ШАМИЛИЛ ГІОЛОХЪАНЛЪИ. Шамил гьавуна 1797 соналъ Генуб росулъ узденчи Денгасул Мухӏамадил хъизамалда. Гьесул эбел Бахумеседо йикӏана бегзабазул тухумалъул чи Пирбудагъил яс. Шамилил кӏудияв инсуда цӏар букӏана Гӏали. Тӏоцебе Шамилидаги цӏар Гӏалиян лъун букӏана. Гьитӏинаб мехалъ гӏемер унтулев, загӏипаб черхалъул чи вукӏана гьев. Цебе магӏарухъ батараб гӏадаталда рекъон, эбел-инсуца гьесда цӏар Шамил (эбелалъул вацасул цӏар) абун хисана. Гӏемер мех балалде гьевги сахлъана. Кӏудияв гӏунагӏан черхалда къуват бугев, гӏакълу камилав ва гьунар цӏикІкІарав чилъун лъугьана Шамил. Гӏолохъанчи вукӏаго, гьесда данде векерун, кӏанцӏун ва гугарун бергьунев чи гьесул кьерилазулъ вукӏинчӏо. Доб заманалда хьиндалазул боялда цӏар рагӏарав лъетӏахъанги вукӏана гьев. Къваридаб бакӏалда цӏулал цӏураб хӏама данде ккани, Шамил гьелда тӏасан цояб рахъалде кӏанцӏулаан. Гьитӏинго Шамилида Къуръан малъана эбелалъул вацас. Анцӏго сон барав Шамил инсуца мадугьалихъ вукӏарав Гъазимухӏамадида аскӏове гӏелму цІализе витӏана. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе, вацал гӏадин, цадахъ рукӏунаан Гъазимухӏаммадги Шамилги. Гьел гӏелму цІализе цадахъ ана Рихьуниса Хӏажимухӏаммадида, цинги Гьаракӏуниса Сагӏидида аскӏоре. Шамил гьединго мутагӏиллъун вукӏана БуцІра, Тӏануси, Къудукь, Чӏикӏаб, Цӏобокь, Хахитӏа ва Балахьуни росабалъ. Шамилил эмен хвана 1828 соналъ. Кидаго эбел рази гьайизе хӏаракат бахъулаан Шамилица. Гьесдаса йохарай эбелалъ Аллагьасда кидаго гьарулеб букӏана: "Я, Аллагь, Дуца дир васасул даража тӏадегӏан гьабе", — ян. Шамилица, имамлъун вахъун хадуб, абулаан Аллагьас эбелалъул дугӏа къабул гьабун батилилан. Цо нухалъ, Къудукь мутагӏиллъун вукӏаго, Шамилихъе вачӏана Махулав абулев гӏолохъанчи. Гьес Шамилида абуна: "Дида рагӏана мун хьиндалазулъ бищун бергьунев гугарухъан вугилан. Дие дур хӏалбихьизе бокьун буго, гугаризе вачӏа". Шамилица гьесие жаваб гьабуна: "Дун дуда рагӏарав гӏадав кутакав гугарухъанги гуро, гьабсагӏат дир гугаризе къасдги гьечӏо, дун живго те". Шамил хӏинкъанилан ккарав Махулав гьесда тӏаса вичӏичӏо. Гьалмагъзабаз Шамилида абуна хӏалбихьизе гугаризе вугилан. Цинги, мажгиталъул тӏохдеги рахъун, Шамилги Махулавги хурхана. Махулав вачӏинахъего Шамилил рачлихъги хурхун, гьесул каранда бетӏерги цузабун чӏана. Шамилица гьесул мугъзадаса гурде ккун букӏана. Гӏемер цӏакъ Махулас бетӏер каранда тункиялъ Шамилил каранзул рукьбузул гьаракь бахъана. Ццин бахъарав Шамилица гьев гӏодов тӏамуна ва, чахьалда накуги цун, гьанже вахъа тӏадеян абуна. Гьелдаса хадув тӏубараб моцӏица унтана Шамил.
САРИР V-Х гӏасрабазда Албания мутӏигӏ гьабун хадуса, Ираналъул шагь Хосров Ануширваница Дагъистаналда цӏунула бакӏалъулал хӏукуматал ва гьезул ханзаби. Гьел бакӏалъулал улкабазда гьоркьоб рехсон буго аваразул улка Сарир ва гьелъул бетӏерасда абулеб буго Филаншахан. V-VII гӏасрабазул гӏараб тарихалда Дагъистаналда ругел улкабазда гьоркьоб аслиязул цояблъун рехсон буго Сарир. Сариралъул тахшагьарлъун бихьизабун буго Хумрадж. Тарихалъул гӏалимзабаз чӏезабула гьеб букӏин, хъвалаго гъалатӏ биччараб, Хунзахъ абулеб цӏар. Руго батӏи-батӏиял биценал Дагъистаналъул мугӏрузул улкаялда Сарир абураб цӏар букӏиналда хурхарал. Гьезул цоялда рекъон VII гӏасруялъул байбихьуда, гӏарабаз Иран бахъидал, гьелъул шагь ккола тӏуризе. Шагьас цеве витӏула божарав чи жиндирго меседил тахбакӏги босун. Нухда шагь чІвала, тахбакӏ жинда божаравин абуни, ворчӏула Дагъистаналъул мугӏрузде. Гьелдаса хадуб гьеб мугӏрузул улкаялъул ханасда абула Сахӏиб-ас-Сарир абун, ай меседил тахбакӏалъул бетӏергьан абун. Сариралъул гӏадамазда абула сариралин. Чачаназ гьабсагӏатги магӏарулазда абула сули абун. Х-абилеб гӏасруялда вукӏарав машгьурав гӏалимчи Гӏали ибн Хӏусейн ал Масудица битӏахъего хъвалеб буго, меседил тахбакӏгун VII гӏасруялда мугӏрузда рещтӏарасул тахшагьаралда абулилан Хунзахъ абун. ӏХ гӏасруялъул Сариралъул хӏакъалъулъ хъвалаго, гӏарабав Ибн Рустаца бихьизабулеб буго гьелъул ханасул бугила кӏиго тах - меседил ва гӏарцул. Меседилалда гӏодов чӏолила гьев живго, гӏарцулалда гӏодор чӏолила гьесул божарал цересел чагӏи. Гьебго жо такрар гьабулеб буго Хӏ гӏасруялда вукӏарав персазул историк Гардизицаги. Жибго Сарир - Серир абураб цӏар бачӏун батизе бегьула перс (фарси) мацӏалдаса "сер" - мегӏер.
Жалго дагъистанияз мугӏрузул улкаялда киданиги абулароан Сариран. Гьез абулаан АВАРИЯ, АВАРИСТАН. Бакътӏерхьул улкабазул цо-цо гӏалимзабаз рикӏкӏуна VI гӏасруялда рахъарал гӏемерал ракьалги нахъа тун, бакъбаккул рахъалдасан бачӏунаго Кавказалде щвараб аварал абулеб гучаб къавмалъул цо бутӏа рещтӏанин Дагъистаналъул мугӏрузда. Гьездасан бачӏанин Авария абураб цӏарги. Цеве рехсарав Ибн Рустаца хъвалеб буго Сариралъул улкаялда "Авар" ва гьелъул ханасда Авари Шагь абулилан. Грузиялъул VIII гӏасруялъул хъваязда дандчІвала Сариралъул бетӏерасда Хунзазул бетӏеран абурал бакӏалги. Гьоркьохъел гӏасрабазул байбихьудаго Сарир букӏана гӏемерго гучаб политикияб гӏуцӏилъун ва гьелъ бихьулеб бакӏ ккола Кавказалъул тарихалъулъ. Байбихьуда Сариралъ гъорлъе бачунаан гӏицӏго магӏарулазул ракь. Амма Х-абилеб гӏасруялде, батӏиял миллатазул ракьалги цолъизарун, Сариралъул гӏорхъаби гӏемерго гӏатӏилъана. Бакъбаккул рахъалдехун гӏорхъи щола Таргъу магӏарде, Каспий ралъдал рагӏалде ва Азербайжаназул Ганжа гӏорухъе. Севералдасан, северияб бакъ тӏерхьудасан гӏорхъи уна хазаразулгун ва аланазулгун. Хӏисаб гьабураб мехалъ, гьеб гӏорхъи букӏине ккола гьанжесеб Чирюрталъул ракьалда, Сулахъ гӏор гьоркьоб ккун.
Бакътӏерхьуда Авариялъул гӏорхъи щола Грузиялде. Гьел гӏорхъабаз жанибе бачунеб букӏараблъун бихьизабулеб буго анцӏила кӏиазарго росу. Гьай-гьай улкаялъул цӏар кин ва сундасан бачӏарабали гӏадахъ босизе ккела. Амма дидаго кӏвар цӏикӏкӏараблъун бихьула, цӏар кинаб букӏаниги, доб цӏакъго некӏсияб заманалдаго Хунзахъ росулъ тах лъураб гучаб пачалихъ Дагъистаналъул мугӏрузда букӏин. Гӏадат букӏана къуватал мадугьалзабазулгун лъикӏаб гьоркьоблъи чӏезабизе хӏаракат бахъулебги. Гьеб гьабиялъулъ билъанхъараб къагӏидалъун букӏана ригьнал журазари. VIII гӏасруялдасанго байбихьун, гӏемерал соназ Аланалъул ва Сариралъул ханзабаз рачунаан цояз цоязул яцал. Сариралъул ханасул яс йикӏуна Тбилисалда вугев гӏарабазул сардар (наместник) Исхӏакъил лъадилъун. Дербенталъул Эмир Мансур ибн Маймуница ячуна Сариралъул хан Бохтийшо ll-абилесул яц.
Хаслихъе векьарухъанас хур лъилъанила, гул къанила, гӏари гьабизе тӏаделъанила. "Гьеб дида лъаларо, гьаб дихъа бажаруларо", — абун гӏодов чӏарав тӏадего вахъунев вукӏинчӏила гьесул вас. —Гӏанхрица квине течӏого, тӏоргӏаги бищизе вахъа, — ян абунила инсуца. Васасда яхӏ речӏчӏанила, тӏаделъанила. Амма хӏалтӏи тӏаса-масаго гьабулеб букӏанила. Васасул хӏалтӏуда рекъечӏев эмен хур бакьулъе анила. Ракьалда гӏинги чІван, гӏенеккун чӏанила. — Эмен, дуда эниб щиб рагӏулеб бугеб?— ан гьикъанила гӏажаиблъарав васас. —Цо мугь течӏого бакӏарани, тӏадеялъул бачӏин меседил букӏинилан абулеб буго,—ян жаваб кьунила векьарухъанас. Нахъ-нахъ вуссун, мухІканго бакӏаранила гьанже васас тӏор. Хадусеб соналъ хасалихъе лал тӏамулел рукӏанила. —Дада, щайха мугь меседил гьечӏеб?— ан гьикъанила васас. — Мугь меседил гьечӏо, дир вас, амма меседалдаса къиматаб буго. Месед гӏемерав чи, чед гьечӏого хутӏани, вакъуца хола. Чед бугев чи, месед гьечӏониги, вакъуца холаро. Чед гӏумруялъул аслу буго,—ян жаваб кьунила инсуца.
Хунзахъ районалъул Багӏарабросдал гьоркьохъеб школалъул мугӏалимзабаз ва цӏалдохъабаз, Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацӏалъул къо кӏодо гьабун, хӏадурараб церерахъиналъул цо-цо лахӏзатал
ЛЪАЗАБИ Хӏурматиял подписчикал, лъималазул рахъарал суратал, авар мацӏалда ругел видеоял нужерги ратила. Нужецаго рахъарал ратаниги школалда рахъарал ратаниги гьаниб каналалда лъезе ритӏани бокьилаан. Цоцазда лъазеги, рихьизеги, нилъеда гьоркьоб гьуинлъиги цолъиги букӏине. Аллагьас хъван батани
Махӏачхъалалда цӏалулев вугев 6-абилеб классалъул цӏалдохъан Гӏумаров Хӏамзат. Кечӏ цӏалун, гьесие щун буго тӏоцебесеб бакӏ. Баркула Хӏамзатида
Лъаратӏа районалъул Джурмут росдал гьоркьохъеб школалъул мугӏалимзабазул ва цӏалдохъабазул Рахьдал мацӏалъул къоялде хӏадурараб церерахъин
Азербайджаналда бугеб нилъер аваразул Закатала мухъалъул Динчи росдал цӏалдохъабазул церерахъин Лъабго классалда гурони авар мацӏ лъазабизе рес гьечӏел нилъер гьитӏинал миллатцоязе гьаб гьунарги гӏела
Шамилил районалъул Цӏияб Гӏурада росдал гьоркьохъеб школалъул мугӏалимзабазулги цӏалдохъабазулги Рахьдал мацӏалъул къоялде гьабураб церерахъиналъул цо-цо лахӏзатал
Хунзахъ районалъул Багӏарабросдал ясли-ахалъул лъималазул Рахьдал мацӏалъул къоялде хӏадур гьабун букӏараб церерахъиналъул цо-цо лахӏзатал
Хӏ-абилеб гӏасруялда Сарир гъорлъе жубала Ширван шагьасул Дербенталъул эмирасулгун ккараб рагъде. Рагъда къурав эмир Мансурица кумек гьарула жиндирго вакьад Сариралъул хан Бохтийшода. Бохтийшол кумекалдалъун Мансурица нахъ буссинабула жиндирго эмирлъи. Сариралъул хан Суракъатил цӏар тарихалда тӏоцебе рехсон буго Хӏ гӏасруялъул ахиралда. Гьесул чӏараб бакІлъун бихьизабун буго Тӏануси росу. Якъинаб жо буго ханзабазул аслияб тахшагьар тун, батӏиялги заман тӏобитӏулел ва хӏажалъи ккани, чӏолел цогидалги бакӏал рукӏунеллъи. Хъатиниб лъураб гӏадин тӏалъиги бихьулеб, хӏажалъани, цӏунизеги бигьаяб Тӏануси росу букӏун батизе рес буго гьединаб бакӏлъун. Баянаб буго ханзабазул чӏолеб бакӏ (резиденция) Гӏакаро магӏардаги букӏараблъи. Чингисханил бетӏерлъиялда рикӏкӏен гӏемерал улкаби кодоре росарал татаро-монголал, Азербайжаналдасахун рачӏун, 1222 соналъ щола Дагъис- таналде. Дербент кодобе босизе кӏвечӏел гьез ракълие жидехъего ахӏула анцӏго рагӏи билъарав дербенталъулав. Гьезул цояв чӏван, цогидаз би- хьизабураб мугӏрузул сухъмахъалдасан, лъарагӏлъи къотӏун, монголал уна севералде ва гьениб кьаби щвезабула гӏурусазул князабазда. Нахъеги 1239 соналъ добго Азербайжаналдасан рачӏарал монголаз бахъула Дербент. Гьаб нухалда гьезул мурадлъун букӏуна тӏолабго Дагъистаналда кверщел гьаби. Жидерго цо бодул цевехъан Бугдайда тӏад къала Авария кодобе босизе. Амма гьечӏо Авариялде гьев вахиналъе нугӏлъи гьабулеб щибго жо. Гьелдалъун бихьула монголазул "Золотая Орда" абулеб пачалихъалъул ханлъиялде гъоркье Авария ккечӏолъи.
Гьабигьан, радакьго тӏадеги вахъун, лъил-лъилниги бугӏа-ролъ ххине, гьабихъе къокъанила. Нуцӏида аскӏове гьев щвелалдего, жанисан цо ахӏи-хӏур рагӏанила. Гӏажаиблъанила гьабигьан: къватӏисан рахавухъе нуцӏаги бугила, жанив чи вукӏине ресги гьечӏила. Гӏин чӏванила гьес нуцӏида. Рагӏанила гьенисан гьадинаб дагӏба-къец: — Гьобоялъе бищунго дун къваригӏуна! Жанибе бугӏа-ролъ базе дун букӏинчӏебани, гьобого букӏинароан! — ан ахІдолеб бугила гьабитӏакъали. — Дун букӏинчӏебани, дуда жанибе бараб хӏалухъен чвахун гӏодобе бачӏинаан! Дудасаги дун хӏажатаб буго гьобоялъе! — ян чӏанила гомог. — Ва-гьа-гьа!—ян белъанхъанила гьелда тӏад гӏентӏеро. —Дун кӏанцІоларебани, цониги мугь бортилароан жибго чӏинтӏизе гонгиниса гӏодобе! — Кӏанцӏезеяли дуца мадар гьабула, гӏентӏеро! Амма дур кӏанцӏеялъул пайда щиб? Рортарал мугьазда тӏадги ххенон, дицалъидал ханжу гьабулеб! —ан двардваданила тӏасагьобо. —Данде чӏезе дун букӏинчӏебани, цо мугьниги дуцаги хъурилароанха, тӏасагьобо! —ян хӏинцго бурбуданила гъоркьагьобо. —Дица нужеда гьоркьоб бакӏ рекъезабичӏони, кинабго хӏалухъен лълъаранибе уна гури! —ян гьиманила гьабил борхаро. —Дун сверуларебани, я тӏаса гьобо ххенелароан, я гӏентӏеро басандилароан. Гьединлъидал гьабил кьучӏго дун ккола!— ян чӏухӏун кӏалъанила ракибокьосан раква.
—Къваридаб дир кӏалдисан хӏалуцун лъим речӏчӏуларебани, мун сверизацин сверилароан! —ин чӏанила рогӏоро. —Дудасаги дун хӏажатаб буго гьобоялъе! —Валлагь, бетӏерчӏахъад рогӏоро, гьеле мунго мукӏурлъулеб буго, дуда жанисан ракваялъул малъразда речӏчӏизе дун букӏинчӏебани, я раква ххенелароан, я гьелъ тӏасагьобо жиндаго цадахъ сверизабилароан. Аслияб жо дун буго! — ян чӏухӏун чвалчваданила лъим. —Дун гьечӏеб бакӏалда гьобоги букӏунаро гури! Гьабигьан гьаругьинан гьабил рахъде ваханила. Гьес гьабил къолонибе унеб льим нахъе беганила. Гьеб рахъил хьибилалдасан чилчилиялда гьоркье чваханила. Рахъдаса гъоркьеги вачӏун, гьабигьан гьабирокъове лъугьанила. —Гьаха, гьанжеги бихьизабе нужерго гьунар! —ан ахӏанила гьес. Сунцаниги гьесие жаваб кьечӏила. Гӏадамаз абухъе, лъим бегараб гьобо гӏадин, сихӏкъотӏун чӏанила киналго.
Чӏарада районалъул Цӏуриб росдал гьоркьохъеб школалъул цӏалдохъабаз Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 100 сон тӏубаялде гьабураб хӏадурлъи 1. Къадирова Умукусум 2. Муртазгӏалиева Хӏавсат 3. Сагӏидова Асият 4. Хӏабибулаева Патӏимат 5. Ибрагьимхӏажиева Мадина 6. Мурадова Патӏимат
Гӏарабал, гӏемерал ракьалги кверде росун, рачӏуна Кавказалде. 641-абилеб соналъ гьез бахъула Дербент. Халифаталда сверухъ жидерго доба ккараб лъугьа-бахъиналъ гӏарабал заманаялъ нахъе ине ккола Дагъистаналдаса. Жанисеб иш рукӏалиде ккедал, гьел кӏиабизеги рачӏуна Дагъистаналде ва 717-абилеб соналъ цӏидасан бахъула Дербент ва гьенисан байбихьула тӏолабго Дагъистан кверде босизе. Гъумекисахун рачӏун, 739-абилеб соналъ гӏарабазул бо рещтӏуна хундерил тӏалъиялда. Гьез сверун ккола Сариралъул тахшагьар Хунзахъ росу. Доб заманаялда Хунзахъ росу букӏана Чӏина магӏарда. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ гӏатӏидго хъван буго гӏалимчи, гӏарабист Айтберов Тимурица жиндирго "НекІсияб Хунзахъ ва Хунз" абураб тӏехьалда. Хунзахъ росу сверун ккураб гӏарабазул бодул бетӏер вукӏана Марван Ибн Мухӏаммад. Тӏубараб лъагӏел гӏанасеб заманаяль росу босе кӏвечӏев Марван уна сихӏруялде. Гьес тӏад ретӏуна бодуе квен гьабулев чиясул лъикӏабго гьечӏеб ретӏел, ва росдал кавудал кӏалтӏеги вачӏун, гьарула виччаян Марваница ханасухъе хъвараб кагъат кьезе. Богогьанчилъун хӏалев Марван ханасухъе вачӏуна. Гӏараб мацІалда хъвараб, телмачас ханасе магӏарулалде буссинабураб гьеб кагътида хъван букӏуна Марван вугин ургъалилъ нахъедай инев, рекъелдай хъвалаян.
Марванил "чапарасда", росу бахъизе кӏвезе гьечӏолъиялда гьесул ракӏчӏезелъун, рихьизарула гьелъул щулалъаби. Марван щулалъабазухъ лъикӏ валагьула ва гьезул загӏипал бакӏал росула хӏисабалде. Тӏад вуссун щварав Марваница Сариралъул ханасухъе хъвала цоги кагъат, жиндирго сихӏруги рагьун, ва тахшагьар бахъизе гьесул ругел ресалги рихьизарун. Гӏарабазул иргадулаб гьужумалъул хӏасилалда Хунзахъ бахъизе бегьулеблъи бичӏчӏарав Сариралъул хан Абухосро уна Марванилгун къотӏи хъваялде. Къотӏиялда рекъон, Марван жиндирго богун нахъ вуссуна Дербенталде, Хунзахъ росулъе жаниве лъугьинчӏого. Сариралъ щибаб лъагӏалие Дербенталде щвезабизе ккола азарго бетӏер боцӏул, щунусго цӏа гӏадав гӏолилав, гьебго къадаралда гӏолилал ясал ва нусазарго муддан хӏалухъеналъул- зерно (1 муддан - 100 грамм). ӏХ-абилеб гӏасруялда гӏарабаз гьабичӏо цониги тӏадекӏанцӏи Дагъистаналде. Гьеб букӏана заман жибго Халифат загӏиплъараб. ІХ-абилеб гӏасруялъул 40-абилел соназ гӏарабаздаса хвасарлъула Сарир, ва гьеб нахъеги лъугьуна лъидаго бачӏеб улкалъун, жеги тӏадеги гӏатӏилъула ханлъиялъул гӏорхъалаби.
Жибго гьеб гьитӏинаб, ракьул кесекалда релълъараб хӏинчӏ буго. Амма гӏадамазе гьеб цӏакъ бокьула. Ихдалил чапар ккола гьеб. Нужецаго халгьабе гьеб гьаваялде, бураво гӏадин, свералаби гьарун, боржун унеб куц бихьизе. Нужго гӏенекке гьелъул гьоркьоса къотӏулареб кечІ рагӏизе. Бачӏинеги гьеб нилъехъе Африкалдаса бачӏуна. Гьеб нилъер бакӏазде марталъул авалалдаго щола. Гӏодобго, чӏахӏилъ гьитӏинаб гвендги батун, гьабула ихдалхӏанчӏица бусен. Гьениб лъола гьелъ гӏурччинтӏогьилаб, тӏанкӏахараб 5-6 хоно. Лъагӏалие лъабцӏулги рахъула тӏанчӏи. Тушбаби гӏемераб хӏинчӏ ккола ихдалхӏинчӏ. Хасго гъудуца толаро гьелъул хоно-тӏинчӏ. Магӏарул цо-цо росабалъ ихдалхӏинчӏалда цӏар буго "ихдало". Ихдало кӏкӏара-тӏутӏ тӏагӏине кумек гьабиялъеги пайдаяб хӏинчІлъун рикӏкӏуна.
Цогидалги дунялалъул халкъаз гӏадин, байбихьуда аваразги лагълъи гьабулаан бакъ-моцӏалъе, цӏвабзазе, цӏадуе, батӏи-батІиял тӏабигӏиял лъугьа-бахъиназе. Гуржиязул хъваялда буго Марванил бетӏерлъиялда гӏарабал магӏарухъе рачӏараб заманалда вукӏарав Абухосроца ханлъи гьабулин тушетияздаги, хунздеридаги ва гьел бакӏазул киналго гӏадамаздаги тӏад абун. Гуржияз Византиялдасан насранияб дин къабул гьабун хадуса, гьеб диналъ дагь-дагьккун нух бахъула Сариралъул улкаялде. Гӏалимзабаз насранияб дин магӏарухъ тӏибитӏизе байбихьараблъун рикӏкӏуна ІХ гӏасру, ва гьеб щулалъараб заманалъун чӏезабула Х-ХӏI гӏасраби. Гьелъие руго хӏакъикъиял хӏужабиги. Тӏадмагӏарухъ цо-цо бакӏазда руго килисабазул (церковь) хутӏелал, археологазда ратана ганчӏал тӏад хъанчал (крест) рикӏарал ва цогидалги. Суракъатил заманалда, ай Хӏ-ХӏI гӏасрабазда, авараз насранияб дин хӏалтӏизабулеб букӏин бихьизабула "Тарихи Дагъистан" - алъги. Жеги ХІV гӏасруялъул байбихьудацин Хунзахъ росулъ хӏалтӏулеб килиса букӏин баянлъула, гуржиязул пача Георгил заманалда инжилалъул тӏанчазда гьабураб хъваялдасан. Гьеб хъваялда рехсолеб буго хундерил епископ, ай насранияб диналъул бакӏалъул бетӏер Окропил цӏар. Руго магӏарулазул Гӏандуникӏ (Андроник), Кӏушкӏантӏи (Константин), Гӏалисканди (Александр) гӏадал грузиялъулазда релълъарал цӏаралги.
Хӏакъикъаталда кидал ва кин Авариялда Ислам дин тӏибитӏараб абураб суалалда сверухъ руго батӏи-батӏиял, цоцазде данде кколарел, кинаб битӏарабали цояб тӏаса бищизе захӏматал хъваял ва харбал. "Тарих Дагъистан" тӏехьалда буго Дербенталдасахун магӏарухъе бусурбабазул бо бачӏунеб Хӏ-Хӏl гӏасрабазда Авариялда ханлъун вукӏанин Суракъатил вас Баяр. Тӏаде бо щолаго гьев лъутанин жиндирго улкаялде гьоркьобе унеб Тушетиялде. Бусурбабаз Хунзахъ кодобе босанин, ва гьенив чӏанин Абулмуслим шайих. Къарахъа Мухӏамадтӏагьирица хъвараб "Хунзахъ Наме" тӏехьалда рекъонги, Хунзахъ росу кодобе босараб бодул бетӏер вукӏуна Абулмуслим шайих. Хунзахъ исламияб дин тӏибитӏизабун хадуса гьев, Хунзахъ жиндирго наибги тун, цогидал росабалъе къадизабиги тӏамун, нахъ вуссанин живго вачӏараб Гъумекиве. Хадубги "Хунзахъ Наме"-ялда хъвалеб буго Ислам къабул гьабиялдаса ракӏ бухӏарал сариралъулаз ахӏун вугин, вахчун мугӏрузда чӏарав Суракъат. Суракъатица рагъухъабазул къокъагун витӏун вачӏанин вас Гӏандуникӏ. Гьелдаса разилъарал хундерица, наибги чӏван, исламалдаса инкар гьабунин. Палхӏасил, Абулмуслим шайихасул бетӏерлъиялда гъоркь чанго гьужум гьабун буго бусурбабазул бодуца Хунзахъе ва тӏолго Авариялде. Абулмуслим шайихил ва Суракъатил заманлъун гӏалимзабаз толеб буго Хӏ-Хӏl гӏасраби. Цо тарихалда хъван буго Абулмуслим чӏванин Хунзахъ, амма Ансалтӏа батараб гӏараб мацӏалъ хъвараб гьитӏинаб тарихалда буго, гьев Ансалтӏа аскӏоб ккараб рагъулъ захӏматго лъукъанин, ва шайихасул васияталда рекъон, Хунзахъе восанин, хведал гьенивги вукъанин. Дагъистаналъул тарихалда тӏад хӏалтӏулел гӏемерисел гӏалимзабаз Аваристаналда тӏубанго Ислам щулалъараб заманлъун рикӏкӏуна ХӏV гӏасру. Гьеб гӏасруялъул ахиралда Тимуриде данде богун вахъарав Авариялъул ханги вагъула Исламалъул байрахъалда гъоркь.
Нинаца дарс хӏадур гьабичӏого букӏана, гьединлъидал гьелъ школалде инчӏого йикӏине къасд гьабуна. Лъимал цІалулеб мехалъ, тӏахьалгин къватӏазда сверулей йигони, лъалел гӏадамазда йихьизе гурин хӏинкъун, гьелъул хӏукму ккана балъго рохьое ине. Кагътилъ жемараб къадеквенги тӏахьалги гьелъ хъархъида гъоркь лъуна. Цинги цо берцинаб кӏалкӏучӏалда хадуй екерахъдизе лъугьана. Цойидасанго гьей цо гьитӏинав васасда данде чІвана. Гьев Нинахъ хӏеренго, разиго валагьун хутӏана. Гьес къвалакь ккураб Букварь бихьарабго Нина лъалхъана ва гьесда тӏад елъанхъизе къасд гьабуна: - Ле, бахьикъос, дарсалги рехун тун, мун щай гьанив свер-сведулев вугев? Гьадигӏан гьитӏингойищ дуца эбел-эменги школаги гуккизе байбихьараб? - Гуро! - абун гӏажаиблъи гьабун, жаваб кьуна васас. - Дун дарсиде унев вукӏана. Рохьоб свер-сведулеб цо кӏудияб гьой хӏапдезе лъугьарабго, дун лъутана ва нух къосун ккана. Нинал гьумер букӏкӏине лъугьана. Гьелда ургъел чІвана. Нинаца, кверги ккун, вас рохьоса къватӏиве вачана. Нинал къадеквенги тӏахьалги хъархъида гъоркьго хутӏана. Гьел росизе гьей гьитӏинав васасдаса нечана. Гӏемер мех иналде, Нинал къадеквен гьойца кванана. Нина тӏад юссун рохьое щвана. Хъархъида аскӏойги кӏусун, гьей гӏодизе лъугьана. Гьелъул кванда хадуб щибниги ракӏ бухӏун букӏинчӏо. Гьелъул ракӏ ничалъ кІвекӏулеб букӏана.
Дагъистаналда дандчӏвала 350 батӏияб хӏинчӏ, гьездаса 60-гӏанасеб хӏинчӏ Багӏараб тӏехьалде босун буго. Анцӏ-анцӏ батӏи-батӏияб хӏинчӏалъ гӏумру гьабула Дагъистаналъул мугӏруздаги гӏатӏиракьалдаги. Хасго бищун гӏемер хӏанчӏи рукӏуна квине жо гӏемераб Гъизляралъул бугъазалда (Кизлярский залив). Нужеда лъалищ... мугӏрузул цӏумалъул куркьбазул хьвагӏиялъул халалъи 2,5 - 3 метраялде бахуна; хъвекцӏумалда гӏадамасда гӏадин батӏи-батӏиял кьерал рихьула, гьелда кӏола 6-8 кг тӏад бугеб давла эхеде борхизе; сапсан буго дунялалдаго бищун хехаб (320 -385 км/ч) ва берзул канлъи лъикӏаб хӏинчӏ; щурка рикӏкӏуна бищун берцинаб хӏинчӏлъун, амма найихъабазул тушман буго гьеб; гозогъартил буго бищун кӏудияб гозо, гьелде жанибе уна лъабго ведрогӏанасеб ччугӏа; тувадахъ буго бищун кӏудияб хӏинчӏ Дагъистаналда гурониги, тӏолго Россиялдаго.
ХV гӏасруялда камиллъула Дагъистаналъул феодалиял пачалихъазда гьоркьор ругел гӏорхъалаби. Амма гьезул щибалъул бутӏруз хӏаракат бахъулеб букӏана, мадугьалихъ ругел ракьал гъорлъе цӏан, гьел гӏорхъалаби дагьалги гӏатӏид гьаризе. Гьеб рахъаль кӏвар бугеб документлъун ккола Аваразул хан Гӏандуникӏ-нуцалас вацасул вас Булачие 1485 соналъ гьабураб васият. Васияталда хъвалеб буго: "Аваразул ракьалъул кверщел кодоб бугев, къуватазул, бергьенлъабазул ва гучалъул кӏудияв бетӏергьан, хӏурматияв Гӏандуникӏил Ибрагьимил васасул ва дирго вацасул вас Булач-нуцалие гьабураб васият: "Ле, дир вацасул вас, росе дудего кодоре Авариялъул кӏулал: тӏоцересел кӏулал Гӏалихъиличазул, кӏиабилел - Жунгуталъул бутӏрузул, лъабабилел - Гумбетазул бутӏрузул, ункъабилел - Гӏандадерил бутӏрузул, щуабилел - Кӏаратӏисезул, анлъабилел - Бакълъадерил, анкьабилел- Хучадерил ва Анкьракьазул. Дуца гьел рихьизарурал кӏулал кодоре росани цӏам, гьоцӏо, цӏибил, ччугӏа ва кинабго цогидабги гӏадамасе хӏажатабщинаб духъ ва дур квершаликь. Гурони, дудаса, дур халкъалдаса гьеб батӏалъула. Хадуб хӏисаб гьабе дурго умумузул кверщаликь рукӏарал ракьазул гӏорхъалабазул ва гьез бетӏерлъи гьабухъе дуцаги гьабе. Тӏоцебесеб гӏорхъи бакътӏерхьул рахъалдасан Миясу гьатӏан, кӏиабилеб - бакъбаккул рахъалдасан ГьоцІдерил росу бакьулъ, лъабабилеб - къилбаялъул рахъалдасан - Хочадаса Гьаркьадерил кьоде щвезегӏан, ункъабилеб - шималияб (север) рахъалдасан - Саламагӏардаса Таргъуялде щвезегӏан. Хадуб пикру гьабе Дагъистаналъул бихьиназул къадаралъул. Гьенив 250 000 рагъухъан вуго. Гьездасан: 60 000 - Табасараназул 50 000 - Хайдакъазул 100 000 - Гъумекдерил 40 000 - Нуцалил, амма гьел киназдасаго бахӏарчиял руго. Дир вацасул вас, яхӏ бахъе хӏатӏикь мерхьине гьел гӏорхъаби ва биччаге чиясе цедерцин дурго ракьалъул, мун вугев ватани гьелъул бетӏергьанлъун, дурго бахӏарчиял умумулго гӏадин. Васият хъвана Гӏандиса вазир Къади-Мирзаца Гӏандадерил магӏарда букӏараб бутӏрузул данделъиялда гьижраялъул 890 соналъ". Кигӏан къуватаб, гучабан хъвалеб букӏаниги, васияталдасан бихьулеб буго ХV гӏасруялда Авариялъул гӏорхъалаби, цересел гӏасрабазде данде ккун, гӏемерго дандекъан рукӏин ва рагъул къуваталъул рахъалъ Дагъистаналъул улкабазул бутӏрузда гьоркьоб цебесеб бакӏалде Гъумекдерил шамхал вачӏун вукӏин.
ХVI гӏасруялда Авариялда дагьалги щулалъана феодалиял гьоркьорлъаби. Гьел щулалъаралгӏан, гӏатӏилъаралгӏан, бечелъи ва улкаялъул кверщел кодоб бугезе хӏажалъана, цере рукӏарал гӏадатиял низамазул бакӏалда, жидерго мурадазде данде кколел законал ва къагӏидаби чӏезаризе. Авариялда гьеб хӏалтӏи тӏоцебе гьабуна Гӏумма-хан Гӏадлияс. Гӏумма-ханил кодексалда низамалде рачуна такъсир ккарал гӏадамал тамихӏалде цӏаялъул суалал. Кодексалда руго лъебергоялдасаги цӏикӏкӏарал къагӏидаби чияс чи лъукъани яги гьесул лага гӏайиб гьабуни, тӏад къотӏулел гӏакӏаби рикӏкӏарал. Лъураб ругъуналъул захӏмалъиялъухъ балагьун, гӏакӏа бахъулаан кӏинусго гӏиялъажоялде щвезегӏан. Чияс чи чӏвани, бидуласул (убийца) гӏагарлъиялъухъа бахъизе бихьизабун буго гӏарцудалъун яги боцӏудалъун хасаб мухь. Магӏарулазул гӏадаталда рекъон, чІварав чиясул тухум тӏаде канцӏулаан бидулав жанив чӏараб рукъалде, биххизабулаан гьеб яги бухӏулаан бидулавгун цадахъ. Гӏумма-ханас чӏезабураб низамалъ нугІлъи гьабула, гьес жигар бахъулеб букӏиналъе бидухъ биялдасан рецӏел боси лъугӏизабизе. Кодексалда руго шаригӏаталъул рахъ ккурал цо-цо тӏалабалги. Гьедин кодексалъ тӏалаб гьабулеб буго жиб-жиб росулъ дибир вукӏин. Бихьизабун буго моцӏица дибир гьечӏого хутӏараб росдаца, гьев тӏамизегӏан араб къо рикӏкӏун, кьезе цо-цо гӏиялъажо. Кодексалда рихьизарурал штрафал руго, аслияб къагӏидаялъ, гӏиялъажалаздалъун кьезе кколел. ХVII гӏасруялда, гӏемерал ракьалги сверун, Дагъистаналде щварав, туркав Челебица хъвалеб буго Хунзахъ бугин лъабазариде бахараб цӏараки, анкьго баня, анцӏила цо караван сарай, базаралда кьерда лъурал лъабкъоялда анцӏго чӏахӏиял гурел тукаби. Якъинаб жо буго доб заманаялъ Хунзахъ росу букӏин, цогидаз шагьаран жинда абулеб Авариялъул политикияб ва культурияб центрлъун.
Цо мискинчиясулги росдал дибирасулги хурзал цоцада аскӏор рукӏанила. Цо къоялъ хуриве арав дибирасда мискинчи вихьанила гӏанхрида ганчӏал речӏчӏулев. Щай, гьудул, дуца Аллагьас бижараб рухӏчІаголъи чӏвалебан мискинчиясда гӏайибал гьаризе лъугьанила дибир. Чӏвачӏого щиб гьабизейин гьаб телебан, хур кванан лъугӏизабулеб бугилан мискинчиясги абунила. Заман гьоркьоб иналдего гӏанхвара мискинчиясул хурисан дибирасул хурибехун бекерун анила. Гьеб бихьарав дибирас, гьаб малгӏун кибе бачӏинебанги абун, речӏчӏараб ганчӏица чӏван реханила гӏанхвара. - Уябги букӏун буго, - ян абунила мискинчияс, - дибирзабазул жидеего чангъил нух, чияе гӏонкӏкӏол нух букӏунилан абулеб жо.
Хунзахъ районалъул администрациялъул хӏаракаталдалъун, лъайкьеялъул ва маданияталъул хъулухъчагӏазул жигаралдалъун гьеб тадбир тӏадегӏанаб даражаялда тӏобитӏана. Фестивалалда гъираялда гӏахьаллъи гьабуна районалъул киналго росабалъа кӏудиязги гьитӏиназги. Гӏахьалчагӏи ва гьалбал цӏакъ рази хутӏана.
Надир-шагьасулгун гьабураб рагъул къиса (къокъго) 1741 соналъ гӏемерал ракьал кодоре росиялъ ва гьенир гьарурал вахӏшиял ишаз, дунялалъулго балагьан цӏар щварав, Ираналъул шагь Надирица нусазарго рагъухъанасдасан данде гьабураб аскаргун чабхъен гьабула Дагъистаналде. Гьеб букӏана Надирил Дагъистаналде лъабабилеб нухалъ гьабулеб тӏаде кӏанцӏи. 1738 соналъ рагъгун вачӏарав Надирил вац Ибрагьим-хан Цӏоралъул авараз чӏвала. Кьварарал рагъазул хӏасилалда Надир-шагьас кверде росула Гъазигъумек ва асир гьавула гьезул хан Сурхай. Надирида ракӏалда букӏуна гьеб бергьенлъиялдаса хадуб, жиндие мукӏурлъи загьир гьабилин Авариялъул Нуцал ханасги. Аваразул ханасин абуни, гьелъул гӏаксалда жиндихъего къабул гьарула Надирица рахъарал ракьаздаса, гьесде данде рагъизелъун рачӏунелщинал. Гьезда гьоркьов вукӏуна Сурхай ханасул вас Муртазагӏалиги. Ццин бахъарав Надирица буюрухъ гьабула жиндирго аскаразе Авариялде лъугьине. Надирил бо Авариялде бачӏуна кӏиго рахъалдасан. Гьаракӏунисахун магӏарухъе бачӏунеб букӏараб къоазарго рагъухъанасдасан гӏуцӏараб Надирил аскар, Авариялъул ханас данде битӏараб боялъ щущахъ биххизабула Гӏаймакисезул кӏкӏалахъ. Аслияб рагъул къуватгун живго Надир-шагь вачӏуна Гӏандалалде. Сугъралъ росдада аскӏоб бугеб Гьицӏиб (Хицӏиб) абулеб къваридабго майданалда ккараб щуго къоялъ халат бахъараб кутакаб рагъул хӏасилалда, магӏарулаз щущахъ виххизавула Надир-шагь. Дагьалъ хутӏана живго Надир асирлъуде ккезе.
Бищунго гӏамал берцинаб гӏалхул хӏайван буго чараб ритӏучІ. Гьелъул тӏогьилаб тӏомода тӏад хъахӏал гӏисинал тӏанкӏал руго. Ритӏучӏил руго гучал, хехал бохдул, гӏаркьахарал лълъурдул. Пахруяб бетӏералда гьел цӏакъ рекъон рукӏуна. Чараб ритӏучӏалъ кванала гӏалхул хер, гъутӏбузул тӏамах. Гьелъ гьекъола цӏорораб иццул лъим. Гьеб гьайбатаб хӏайваналъ лъиениги зарар гьабуларо. Хайир кӏудияб буго. Ритӏучӏил тамахал лълъурдузулъ букӏуна пантокрин абулеб цӏакъ къиматаб дару. Чарал ритӏучӏаз нилъер тӏабигӏат цӏакъ берцин гьабула. Алмахъазул рохьалъ хьихьун руго гьел. Берцинал чарал ритӏучӏал рихьизе гьенире гӏемерал гӏадамал рачӏуна.
Цӏакъ бокьилаан эбел-эменги лъималги цадахъ хӏурматияв Хъайтмазихъ гӏенеккани, кӏудиязеги гьитӏиназеги тарих лъазабиялъе гӏемер пайда щвела.
Нилъеца, бищунго кӏудияб байрам-къо гӏадин, кӏодо гьабула Бергьенлъиялъул къо. Гьеб ккола тӏолго халкъалъул байрам. 1941-абилеб соналъул 22 июналда байбихьана немцазул фашизмалде данде гьабулеб Кӏудияб Ватӏанияб рагъ. Ватӏан цӏунулезда гъорлъ рукӏана Дагъистаналдаса киналго миллатазул бищунго лъикӏал васалги ясалги. Дагъистанияз гьеб вахӏшияб рагъда цӏунулеб букӏана жидерго Ватӏаналъул эркенльи. Бергьенлъи гӏагар гьабиялъе квербакъана тылалда хӏалтӏулел рукӏаразги. Ватӏан цӏунизе арал дагъистанияз батӏи-батӏиял бакӏазда, батӏи-батӏияб заманалда бихьизабуна бахӏарчилъи ва хӏинкъи гьечӏолъи. Гьел рагъана Ленинград ва Москва цӏунулаго, Курскиялъул ва Сталинградалъул фронтазда. 60- гӏанасев дагъистаниясе щвана Совет Союзалъул Бахӏарчиясул тӏадегӏанаб цӏар, анкьгоясе щвана лъабабго даражаялъул Реццалъул орден. Рекӏелъ кӏудияб чӏухӏигун рехсола нилъеца нилъер гьайбатал бахӏарзал: Совет Союзалъул кӏицӏул бахӏарчи Аметхан Султан, Совет Союзалъул бахӏарзал (аварал): Мухӏамад Хӏажиев Мухӏамад Хӏамзатов Сагӏаду Мусаев Ахӏмад Гӏабдулмажидов М-загьид Гӏабдулманапов Къади Абакаров Сагӏид Гӏалиев. Фашистазул бандаздаса Ватӏан цӏунизе квербакъана нилъер халкъалда гьоркьоб бижараб вацлъиялъги гьудуллъиялъги. Ватӏанияб рагъдаса тӏад руссинчӏо аза-азар дагъистаниял, гьез рухІ кьуна эбелаб ракьалъе ва бокьулеб Ватӏаналъе гӏоло. Нилъеда кидаго кӏочене гьечӏо гьезул гьунарал, гьез босараб кӏудияб бергьенлъи.
Нилъер умумуз хӏалтӏизабулеб букӏараб харицел бекӏкӏунеб тӏагӏелалда цӏар буго рач. Рецул заманалда щибав вецарухъанас рокъоса магъилъе росулаан гьадинал тӏагӏелал: харицел рач квартӏа бахкен кванил таргьа лъел къвачӏа куракул лъим хартӏа тӏамулеб гъоркьтӏам. Гьел киналго руго вецарухъанасе рес гьечӏого къваригӏунел сурсаталги тӏагӏелалги. Мучӏдул рецизе байбихьулаан росдал сверухълъабаздасан цогидал росабазул гӏорхъабазде щвезегӏан. Харибакӏалде щведал, санагӏалъи бугеб бакӏалда гъоркьтӏамги тӏамулаан, гьениб къайиги лъун, ракьулъе рачги кӏутӏулаан. Рецуде байбихьилалде харицелалъул бегӏерлъи хал гьабулаан. Лъун рачидагун, харицелалъул мицӏир квартӏица бухулаан, гьеб бекӏкӏизе. Бекӏкӏизе гьабулаан харицелалъул бегӏераб рахъалдасан, гьелъул гӏоркь бугеб рахъалдехун. Хадуб харицелалда бахкен (точильный камень) тӏад бахъулаан, иргадал кӏиябго рахъалда, гьелъул бегӏерлъи цӏикӏкӏинелъун. Гьеб тимар такрар гьабулаан харицелалъул рекӏен сварабщинахъе. Гьединаб вецарухъанасе хӏажатаб тӏагӏеллъун кколаан цебе рач. Харицел хӏалтӏизабизе санагӏалъи гьечӏеб бакӏалда хӏалтӏизабулаан хъандиро (серп). Гӏемерисеб мехалъ, бихьинал рецарулаан харицелаз, руччаби - хъандирабаз. Бецараб хер бакъвазегӏанги тун, хӏамузда лъун яги руччабаз магьал (вязанка сена) къан, босулаан рокъобе.
Россиялъ Дагъистан кверде босизе байбихьилъун рикӏкӏине бегьула 1722 соналъ Петр I армиягун гьенибе бухьараб сапар. Гьелдаса нахъе, Россиялъул жанисеб ахӏвал-хӏалалда бан, цин хьадарлъун, хадубги цӏидасан хӏалуцун, Россиялъ кӏвараб жигар бахъула, Кавказалда цадахъ, Дагъистанги жиндирго кверщаликье босизе. Гьеб мурадалда Дагъистаналдехун Россиялъ кьолеб кӏвар хасго цӏикІкӏуна императрица Екатерина ll-лъул заманалда, ай ХVIII гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда. Гьебги букӏана Аваристаналъул ханлъун Мухӏамад Нуцал-хан вугеб мех. 1771 соналъ Мухӏамад Нуцал-ханасухъе вачӏуна пачаясул хӏукуматалъул тӏоцевесев чапар-ротмистр Хасбулат Шамурзин Россиялъе магӏарулазулгун бухьен чӏезабизе бо кьеялъул кагъатгун. Жавабалда Аваристаналъул ханасги загьир гьабула Россиялъулгун лъикӏаб гьоркьоблъи букӏине разилъи. Гьебго заманалда рагъ ккола Кубаялъул Фатали-ханасдаги Шемахиялъул Агъаси-ханасдаги гьоркьоб. Гьел Азербайжаналъул ханзабазда гьоркьоб унеб рагъулъ Мухӏамад Нуцал-ханас рахъ ккола Агъаси-ханасул. Гьесие кумекалъе битӏараб кӏудияб гуреб къокъаялъул бетӏерлъиялда рукӏарал Мухӏамад Нуцал-ханасул вац Мухӏамадмирзаги гьесул вас Булачги рагъда чӏвала. Гьелдаса хадуб Мухӏамад Нуцал-хан хӏадурула богун рецӏел босизе вахъине. Гьелда хурхун, Фатали-ханасул рахъ ккурав Таргъуялъул шамхал Муртазагӏалица 1772 соналъул 6 февралалда Астраханалъул губернатор Бекетовасухъе кагъат хъвала Жунгуталдаса Гӏалисултӏангун цадахъ Аваразул хан хӏадурулев вугин Фатали-ханасде данде вагъизе. Гьарулин Андреевалъулги (Эндирей) Аксаялъулги бутӏрузда гьезие кумекалъе рахъунгеян лъазабеян. Гьеб кагътил хӏасил лъарав Мухӏамад Нуцал-ханас гьебго соналъул кӏиабилеб марталда кагъат хъвала Гъизляралъул комендант Паркерихъе. Кагътида хъван букӏуна Аксаялъулги Андреевалъулги бутӏруз жиндие гьабулеб кумекалъе квалквал гьабугеян, Муртазагӏалидаги лъазабеян, жиндир гуреб ишалде гъорлъе лъугьинчӏого, гӏодове виччан чӏаян. Гурони, гьев гӏодове жинца виччазавизе вугилан. Богун вачӏарав Мухӏамад Нуцал- ханас 1774 соналда бахъула Шемахи. Амма ракълие гара-чІвариялъеянги ахӏун, Фатали-ханас гьев макруялда чӏвала.
Расул Хӏамзатовасул "Улбузул цӏарал ахӏун, цӏурмал кьабулел руго" абураб кечӏ цӏалулеб буго Болъихъ мухъалъул Гӏортӏаколо росдал школалъул цӏалдохъан Мухӏамадов Мухӏидиница.
Мухӏамад Нуцал-ханасул йикӏана кӏиго чӏужу. Гьезул цояй йикӏана Хайдакъалъул уцмиязул (ханзабазул) тухумалъул Баху абурай гӏадан. Бахуца Мухӏамад Нуцал-ханасе гьавула вас Гӏумма-хан (1761-1801 с.) ва лъабго яс. Гьезул цояй, Хъистӏаман, инсуца кьуна росасе Мухтулиялъул (Жунгуталъул) ханасе ва гьезие гьавуна Аваристаналъул вукӏинесев хан - Султӏанахӏмад. Хадусей яс Аймесей росасе кьола Гъазигъумухъалъул ханасул васасе, гьезиеги гьавуна, хадуб дагьабго заманаялъ Аваристаналъул ханлъун вукӏарав Арслан-хан. Лъабабилей яс, Бахтика, эмен хун хадуса, расниги гьелъиеги бокьичӏого, Гӏумма-ханас кьуна росасе Карабахалъул ханасе. Жиндир тахшагьар Шуша букӏиналъ, гьесда авараз абулаан Шуша-ханан. Мухӏамад Нуцал-ханасул кӏиабилей чӏужу йикӏана, исламияб дин босарай, гуржияй Марьям. Гьелъ Мухӏамад Нуцал-ханасе гьавуна вас Гебек. Ракълиеянги ахӏун, Фатали-ханас, нахъегӏанаб къагӏидаялъ, жиндирго чадиралъуб Мухӏамад Нуцал-хан чӏваялда ццин бахъинабурал Дагъистаналъул бутӏрул, эмен хведал Аваристаналъул ханлъи тӏаде ккарав, Гӏумма-хангун цолъун, рахъуна Фатали-ханасде данде ва гьесул боял щущахъ риххизарула. Гьоркьоб заман, иналдего, тӏурун къватӏив чӏун вукӏарав Фатали-хан, нахъ вуссуна ва Россиялъул кумекалдалъун щулалъула жиндирго ханлъиялда. Кавказалъул генерал-губер- натор П. С. Потемкинихъе Гӏумма-ханас хъвала кагъат жив разияв вугин Россиялъулгун гьоркьоблъиялде, амма жиндаги жиндир тушбабаздаги гьоркьобе Россия лъугьунгейин. Гьелъул хӏасилалда, чанго нухалъ боялгун вачӏун, Гӏумма-ханица кьаби щвезабула Фатали-ханасда, ва ахирги гьес рекъел гьарула Аваразул ханасда. 1787 соналъ хъвараб ракълил хӏасилалда рекъон, Фатали-ханасда тӏад къотӏула щибаб лъагӏалие 5000 гъурущ гӏарцул кьезе.
Хӏалтӏичӏого кваналеб бакӏ батани, нижедаги лъазабе. Эменги васги рекьуда рукӏанила. Вас цеве вилълъунев вукӏанила, инсуца пурцигӏоркь ккун букӏанила. Васасда хӏалтӏи хеккого чӏалгӏанила. Гьес оцал рахъниса къватӏире ине толел рукӏанила. Эмен гьесде семулев вукӏанила. -Дида дур лъугӏиго гьечӏеб хӏалтӏи чӏалгӏана! – янги абун, вас лъутун унев вукӏанила. -Чӏа! – ян ахӏанила инсуца. - -Хӏалтӏичого кваналеб бакӏ батани, нижедаги лъазабизе вачӏа! Бакӏ къватӏиб бецце, рох рокъоб лъе. Цо иццул хӏориниб букӏарабила кӏиго къверкъ. Цо нухалъ гьел тира-сверизе рахъанила. Батанила гьезда нухда цо цӏадал хӏор. Хинаб лъимги бугила гьениб, кигӏан бокьаниги, кваназе жоги бугила. Рачӏайила гьаниб гӏумру гьабизеян чӏанила цояб къверкъ. Цогиялъ абунила, валлагьин, жибго гьабураб, жибго гӏураб, жиндаго хӏал лъалеб иццул хӏоринибго бокьилилан жиндие. Гьалмагъги цӏадал хӏориниб тун, гьаб рокъобе билълъанила. Анила чанго къо. Иццул хӏориниб бугеб къверкъалъул гьалмагъалде ракІ щванила. Гӏедегӏанила гьеб цӏадал хӏорихъе. Гьечӏила дунялалдаго доб цӏадал хӏорги, кьварун бакъвараб хӏарулъ, чехьатӏадеги ккун, хун гьалъул гьалмагъги бугила. Гьебмехалъ ракӏалде щванила гьалда бакӏ къватӏиб беццейин, рох рокъоб лъеян абураб умумузул гӏакълу.
Авариялъул ханзабазда гьоркьов Гӏумма-хан вукӏана бищунго хӏалхьи лъаларев, мадугьалзаби рахӏаталда толарев ханлъун. Гьесул жигаралдалъун гӏемерго гӏатӏилъула Авариялъул гӏорхъаби ва ханлъиялъул цӏикӏкӏарасеб заман гьес тӏобитӏула цогидазде данде гьабулеб чабхъада. 1785 соналда Гӏумма-хан къоазарго бодуласул бетӏерлъиялда вахъуна гуржиязул хан Ираклий ll-абилесде данде. Босула гьесда тӏад бергьенлъи ва нахъ вуссуна гьесдаги, Фатали-ханасдаго гӏадин, щибаб соналъ 5000 гъурщил магъалоги къотӏун. Гьединаб къадаралъул магъало Гӏумма-ханасе щвезабизе кколаан Дербенталъул ханасги. Централияб архивалда бугеб цоги документалда рекъон, Гӏумма - ханасе щвезабизе кколаан магъало: гуржиязул хан Ираклица - 12000 гъурущ, Карабахалъул ханас 15000 гъурущ, Шекиялъул ханас 9000 гъурущ, Дербенталъул, Кубаялъул, Бакуялъул, Ширваназул ханзабаз - щивас 20000 гъурущ, Ахалцихалъул пачаяс - 7000 гъурущ. Гьеб кинабго кьезе кколаан бацӏцӏадаб гӏарцудалъун (серебром). Гьелде тӏадеги Гӏумма- ханас кверде росун рукӏана, гьабсагӏат Азербайжанаде кколел Джаро-Белоканалъул магӏарулал. Букӏана замана, жиндирго дурц Карабахалъул ханасе кумекалъе вахъун, Гӏумма-ханас, Ираналъул гӏорхъуде щун, Нахичеван бахъарабги. Гӏумма-хан вукӏана бахӏарчияв, рагъул иш лъикӏ лъалев бодул цевехъан гуревги, ругел ресаздаса пайда босун, ахІвал - хӏалалъухъ балагьун, улка бачунев, гӏакъилав политикги. Гьелъие нугІлъиялъе бачине бегьула 1785 соналда Россиялде данде вахъарав чачаназул шайх Мансурица кумек гьаридал, Гӏумма-ханас гьесие кьураб жаваб. Гьелда хъвалеб буго Россиялде данде рагъиялъ Дагъистаналъул халкъалда балагь рещтӏин тун батӏияб щибго хӏасил кьезе гьечӏин, гьединлъидал дица дур рахъги кквезе гьечӏин. 1796 соналда Ираналъул шагь Агьа-Мухӏамад Азербайжаналде ва Гуржиялде тӏаде кӏанцӏидал, гьесул рахъ ккун, Россиялде данде рахъуна Дербенталъул Шихали-ханги, Гъазигъумекдерил Сурхай-ханги. Жидедаго гъорлъе Гӏумма-хан цӏазе гьез кигӏан жигар бахъаниги, гьев гьелгун цолъуларо. Россиялъулгун гьабулеб гьоркьоблъи Гӏумма-ханасул букӏуна цӏодораб, аваразул эркенлъиялда хъатӏизе ва жинцаго гьабулеб ишалде гьоркьобе лъугьине Россиялъе нух толареб. Екатерина ll-абилелъ ва гьелъул хъулухъчи Н. С. Потёмкиница чанги хӏаракат бахъана кагътал хъван, къиматал сайгъатал, гӏарац-месед битӏун, Авариялъул нуцал Гӏумма-хан Россиялъе мукӏуравлъун гьавизе. Гӏумма-ханасда лъикӏ бичӏчӏулаан Россия кӏудияб ва къуватаб пачалихъ букӏин ва жигар бахъулаан гьебгун кьалде лъугьинчӏого, лъикӏаб гьоркьоблъи цӏунизе. Гьеб нилъеда бихьула 1786 соналъ Гӏумма-ханас Россиялъул императрица Екатеринал цӏаралда хъварал кагътал цӏаларабго. Амма гьел кагътазда цониги рагӏи хъван букӏунаро Россиягун цолъизе бокьиялъул хӏакъалъулъ.
ЦІакъго багІарараб роол заман букІана. Совхозалъул бачал рохьоб бараб бокьор рукІана. Къалъул гІужалда бачазул бокьалда аскІоб бугеб гъотІода гъоркь рахІат гьабулей йикІана микьго сон барай Жамилат абулей цо яс. Цойидасан гьелда кІкІуйдул махІ чІвана. КІанцІун тІаде яхъана гьей ва дое-аниехун ялагьана… Гьелда бачазул бокьалда цІа рекӏун бихьана. Бокьосан бурун бачІунеб кІкІуй букІана. Щибдай гьабилеб абун, Жамилат ургъалилъе ккана. Цо дагьалъ гьей гьалгъан (хаган) хутІун йикІана. АхІдондай лъикӏ? Гьебги рагІиларо лъидаго. Гурого екерундай иней совхозалде, гьенибеги цо километралдасаги цІикІкІун нух буго. Бокьосан гӏергӏедулел бачазул гьаркьал рагӏулел рукӏана. Екерун ун, Жамилатица бокьалъул нуцӏа тӏезабуна. Бачал цӏа щолареб бокӏнилъ кьерун чӏун ругоан. Гьеб параялда Жамилат, босун тӏилгун, бачал къватӏире гъезе лъугьана. Хӏинкъарал бачал къватӏире рачахъизе захӏмат букӏана. Кин букӏаниги Жамилатида бачал къватӏире рачине кӏвана. Тӏарамагъадисеб бече къватӏибе лъугьун бахъарабго, бокь тӏатӏала бегун ана, Жамилатица совхозалъул 56 (кӏикъоялда анцӏила анлъго) бече хвасар гьабуна. Совхозалъ Жамилатил цӏар Хӏурматияб хъорщода хъвана ва гьелъие кӏудияб сайигъат кьуна.
Сверухъ ругезе рокьи кьоларев, гӏемерго гьезул рахӏат хвезабулев чи вукӏиналъ, дагьал рукӏинчӏо Гӏумма-хан рихаралги. Гьез тӏамураз, кванилъе жубан загьру кьун, богун иргадулаб чабхъад унаго, Закаталаялда рещтӏараб бакӏалда Гӏумма-хан хола. Гӏумма-хан вукъун вуго Азербайжаналъул Закатала районалъул живго хварав Джар росдал хабзалалъ. Гьесул хабада тӏад бан буго рукъ ва гьелда буго гьадинаб хъвай - хъвагӏай: "Бергьарав гӏалимчи, ханзабазулги хан, бусурбан диналъе гӏоло вагъарав рагъухъан, Аваристаналъул хан Хунзахъа Гӏумма-хан" -абун. Гӏумма-ханасул йикӏана лъабго чӏужу. Гьезул тӏоцеесей Кӏилъилай йикӏана имгӏал Мухӏамадмирзал яс. Гӏумма - ханасул рукӏинчӏо гьелъие гьарурал лъимал. Кӏиабилей чӏужу Хъистӏаман йикӏана Хайдакъалъул (Кайтаг) ханзабазул тухумалдаса. Гьелъие гьаюрай Баху Гӏумма-ханас кьола Жунгуталде, жиндирго яцгӏалалъул вас, Султӏанахӏмадие. Лъабабилей чӏужу йикӏана цӏакъ берцинай, гуржиязул хан Ираклий ll-абилес йитӏун ячӏарай, исламги босарай Дариджа. Дариджал чӏейи букӏана Лъагӏилухъ. Гьелъиеги гьаюна яс Яхсипатӏимат, яс гьаюн заман иналдего, Дариджа хвана. Яхсипатӏиматица гӏумру гьабулеб букӏана Кӏахъ росдада аскӏоб букӏараб ханзабазул колода. Гьей хола вабаалъул (холера) унтуца 1813 соналъ. Гӏумма-хан хвеялдалъунги, васал гьечӏолъиялъги лъугӏана гьесул наслуялъул бихьиназул рахъалдасан ханлъи. Ханлъун ккола, гъаравашалъе гьавурав, Гӏумма-ханасул бесдал вац, Гебек-хан. Амма росги хун, къороллъиялда хутӏарай Кӏилъилалъе рекӏее гӏоларо Гебекихъе ханлъи кьей. Гебек ханлъиялде лъугьун заманго бахъилалде, Кӏилъилалъ Бахул рос Султӏанахӏмадихъе Жунгуталде чи витӏула, гьес жийго лъадилъун ячуней йигони, Гебекги чӏван, гьев Хунзахъе ханлъун ахӏизе. Гьадинги ханлъиялде хьулалда вукӏарав Султӏанахӏмад гьелда разилъула. Гьеб къотӏи - къаялдаса хадуб, Кӏилъилалъ жиндихъего гьоболлъухъ ахӏараб бакӏалда Гебек, цереккунго хӏадурун чӏезарурал гӏадамаз чӏвала. Эмен чӏвараз, васги чӏваялда хӏинкъарай Гебекил чӏужуялъ, жиндирго вас Сурхай цӏунизелъун, гьанже Гӏахьвахъ районалъул кколеб, Тӏукитӏа росулъе, божарав чиясухъе балъго витӏула. Кӏилъилайги ячун, Султӏанахӏмад вахъуна Аваристаналъул ханлъун. Гьел лъугьа-бахъинал ккола Гӏумма-хан хвараб 1801 соналъ. Хвелалде цебе Гӏумма-ханасго гӏадин, Султӏанахӏмад-ханасги разилъи кьола Россиялдехун вуссине. 1802 соналъул 3 октябралда Россиялъул император Александр l Кавказалъул бетӏерав командующий генерал Цициановасухъе хъвала, хасав чиги витӏун, Авариялъул Султӏанахӏмад-хан Россиялде вуссиналъул гьа къабул гьабеян, гьелда хурхун гьесие грамотаги кьеян ва лъагӏалие 5000 гъурущ гӏарцулги чӏезабеян.
ХӏАНЧӏИЛ ГӏАКЪЛУ (маргьа) Цо чиясухъе дергелоян (козодой) абулеб хӏинчӏ кквезе щун букӏанила. Жинца дуда лъабго гӏакълу малъилин, биччан тейин жибан гьаранила гьелъ. Цӏулакьогӏанасеб гьалдаса дие гьалъ малъараб гӏакълуго лъикӏилан, разилъанила гьев чи. Хӏанчӏица гьесда малъанила, араб жоялда хадуб ракӏги барахщугейин, гӏакълуялъ къабул гьабулареб жоялдаги божугейин, щолареб жоялде хьулги лъогейин абун. Лъикӏал гӏакълаби кьунин гьалъ диеян, гьев чияс хӏинчӏ биччан танила. Боржун ун, гьебги аскӏобго букӏараб гъотӏол гӏаркьелалда чӏанила. Цинги дергелоялъ гьасда абунила: — Дур гӏадаллъи щибин, дуда давла босизе лъачӏин, дир мукъуралда жаниб хоно гӏанасеб жавгьар букӏин лъарабани, дуца дун биччан телароанин. Гьев чи вихханила, чӏваркьанила, хӏанчӏида хадуб кьурун ракӏ бахъун анила. Бакъул канлъиялъгӏанги гӏадан хадув гъезе толареб дергело хӏинчӏ кквезе хиял гьабунила. Жиндаго жо хъвалареб бакӏалдаги чӏун, дергело хӏинчӏалъ гьесда нахъеги абунила: — Дица дуда дунго гьитӏинаб бугониги, лъабго кӏудияб гӏакълу малъун букӏана, дуда гьеб гьебсагӏатго кӏочон тана. — Буртӏинкилищгӏанабцин гьечӏеб дир мукъуралда жаниб гӏанкӏудал хоно гӏанасеб жавгьар букӏунареблъи лъаларищ дуда?
(щуабилеб бутӏа) 1803 соналъул байбихьуда Россиялъул вакил-капитан Мешеряков гӏахьаллъараб жамагӏаталъул свериялда Султӏанахӏмад-хан гьедула Россиялъе ритӏухълъиялъе. Кьураб гьа щула гьабун, хъвараб къотӏиялда рекъон, Султӏанахӏмад-ханас тӏаде босула Россиялъул рахъ кколел мадугьалихъ ругел улкабазулгун рекъел цӏунизе ва гьезда данде гьарулел чабхъенал риччангутӏизе. Рагъулаб кумек гьабизе, Россиялде яги гьелъул рахъ ккуразде тӏаде Персия (Иран) кӏанцӏани. Россиялъул даранчагӏазе жидеразего гӏадаб рес кьезе Авариялъул ракьалда дармие. Амма СултӏанахІмад-ханас гьеб къотӏи чанцӏулго биххула ва гьеб бихьула цеве рехсарав Цициановас 1803 соналъул 2 ноябралда Султӏанахӏмад-ханасухъе хъвараб кагътидасан. Гьелда букӏуна Алазаналда гӏурусазде данде вахъарав Гъазигъумекдерил Сурхай-ханасда цадахъ рукӏанин дур ракьалъул гӏадамал. Гьелъие гӏоло хвезабулин дуе чӏезабун букӏараб гӏарац (5000гъ.). Гьеб кагъаталдалъун баянлъула гӏурус пачаясул хӏукуматалъ Кавказалда билълъанхъизабулеб букӏин, жиндир ресалда рекъон, цин цӏам кьолеб, цинги цӏал кьабулеб политика. 1804 соналъ байбихьула Россиялдаги Персиялдаги гьоркьоб халат бахъараб рагъ. Къотӏи букӏаниги кумек гьабизе, Султӏанахӏмад-хан рагъде гъорлъе лъугьунаро. Букӏана заман Россиялде данде вахъинеции гьесул хиял лъураб. 1806 соналъул хасалихъе Гъазигъумекдерил Сурхай-хан Цӏоралъул магӏарулазул дова гӏурусазде данде вахъуна. Гьебго заманалда анцӏазарго чиясде гӏагарараб богун гьенивго вукӏуна Аваристаналъул ханги. Амма гьев лъугьунаро гӏурусазде данде рагъде. Гьелдаса разилъарав император Александр l 1807 соналъул 16 марталда Султӏанахӏмад-ханасе генерал-майорасул цӏар кьураб грамота битӏула. Гьесие цӏидасан чӏезабула добго 5000 гъурущалъул мухьги. 1813 соналда Карабахалъул Гулистан абулеб бакӏалда Персиялъулгун хъвараб ракълил къотӏиялда рекъон, Дагъистан рикӏкӏуна Россиялде гъорлъе бачӏараблъун. Гьеб къотӏиялъ кверал ричараб пачаясул хӏукуматалъ, жиндирго кверщел щула гьабизелъун, байбихьула Дагъистаналда кӏвар цӏикӏкӏарал бакӏазда рагъулал щулалъаби (военные крепости) разе ва гьенир жидерго аскарал лъезе.
1797 соналъул 26 июналъ гьанжесеб Унсоколо мухъалъул Генув гьавуна жиндир бахӏарчилъиялъул цӏар тӏолабго дунялалдаго рагӏарав Имам Шамил. Шамил вукӏана жиндир тӏубараб гӏумру Аллагьасул дин ва Ватӏан цӏунизелъун кьурав. Шамил киданиги вахчичӏо хвалдаса. Гьелъие нугӏлъи гьабула гьесул кьалул гӏумруялъ, черхалда рукӏарал рикӏкӏен гӏемерал ругъназ. Кьалул кор бокьарал рагъазулъ гьесда сверухъ холел рукӏана гьесул муридзаби, наибзаби, гӏагарал, амма хвалица живго Шамил восулев вукӏинчӏо. Гьев релълъунев вукӏана Халид бин Валидида, Аллагьасул нухда хвезе гъираялда, рагъул кор бакараб бакӏ бихьун, цеве кӏанцӏулев вукӏарав ﷺ Аварагасул асхӏабасда. Гьесул черхалда букӏун гьечӏо ругънал гӏуж гьечӏеб хъатгӏанасебцин бакӏ. Амма Аллагьас гьесие хъван букӏун буго, лъикьаго къечӏого, жиндирго бусада хвезе. Рикӏкӏен гӏемерал ругъналгун бусада вегун вугев гьесде щвезе гӏадамал рачӏиндал, гьес гӏарз бахъулеб букӏун буго, нус-нус рагъулъ гӏахьаллъарав жив гьанже бусада вегун холев вугилан. Гьединго Шамил имамасе хъван букӏун буго, боркьараб рагъда гуреб, хӏурматаб бугониги чӏамучӏаб асирлъуда гуреб, кидаго анищ букӏараб, щибав муъминчиясда тӏадаб борчги тӏубан, хирияб Мадинаялда, ﷺМухӏаммад авараг вукъараб бакӏалда жиндир тамашаяб гӏумру рагӏалде бахъинабизе. Гьениб, Мадинаялда, бигьа гьабун къана нуцӏа тӏолго дунялалъул тарихалде мухӏканго жиб босараб Шамилил къарнуялде. Гӏадамаз тӏовитӏулев вукӏана инсан, тӏолго инсаният багъаризе гьабурав, наслабазе гвангъараб лъалкӏ нахъе тарав, хъвадарухъабазеги, философазеги, композиторазеги, политиказеги бечедаб хазина тарав. Гьелда тӏад ургъун, гьесул гӏумрудул нухалъул жакъа къоялъги хъвалеб буго гьез. Рикӏкӏада Мадинаялда ахиралде щвана Кавказалъулго имам, кӏудияв Шамилил заман. Гьев тӏовитӏана, гӏадатияв чи кинигин, гӏадатияб куцалда, хабада гӏадатияб гамачӏги лъун. Жиндирго тарихияб даптаралда Къарахъа Мухӏаммад-Тӏагьирица гьелъул хӏакъалъулъ хъвалеб буго: "Шамилие рахӏат щвана", - абун. Гьедин рагӏалде бахъана магӏаруласул хӏикматаб гӏумру, Генуб росулъ байбихьараб ва хирияб ракьалда, Гӏарабиялда ахир щвараб. "Шамилил кинабго бахӏарчилъиялъул бицин дун гӏадинал загӏипал гӏадамазда гьабун бажарулеб жо гуро", - ян хъвалеб буго гӏалимчи Гиничукьа Хӏайдарбегица. "Гьесул киналго лъикӏал гӏамалал гъваридго лъазари ралъад къотӏи гӏадинаб жо буго, гьебин абуни цониги дир заманаялъул чиясда гьабун бажарулеб иш руго. Гьечӏищха гьедин? Гьедун абизе кӏола, Тӏадегӏанас къуват кьун, имам Шамилил киналго ишазул хъвазе ва гьел данде росизе лъугьани, гӏезе руго тӏахьазул гохӏал". Жакъаги гӏалимзабазул, шагӏирзабазул, хъвадарухъабазул, политиказул пикру ккун буго Шамил имамас. Имам Шамилил хӏакъалъулъ рагӏи жеги цебе буго, гьединлъидал, бицаде жиндир гӏумру сверав чиясул тарих жеги хъван рагӏалде бахъун гьечӏо.
(анлъабилеб бутӏа) Тарихалда хурхарал цо-цо тӏахьал цӏалидал, ракӏалде ккезе бегьула Россиялъ Дагъистаналда билъанхъизабулеб колониалияб политикаялъул Аваристаналъул ханзабаз кидаго рахъ кколеб букӏанин. Амма гьединаб пикру, дир хӏисабалда, хӏакъикъаталде данде кколаро. Гӏурусаз Дагъистан жидерго колониялде сверизабизе байбихьидал, гьезде данде тӏоцеве рагъде лъугьаразул цояв вукӏана Султӏанахӏмад- хан. Гьесул рахъ ккола Мехтулиялъул Хӏасан-ханас. Амма Кавказалда командующийлъун вукӏарав генерал Ермоловасда кӏола гьезда тӏад бергьенлъи босизе ва Султӏанахӏмад-хан ханлъиялдаса махӏрум гьавизе. Россиялъул рахъалде Аваристаналъул ханзаби руссараб заман букӏине ккола, гьелъ тӏамулеллъунги рахъулеллъунги жал ккараб, ва Дагъистаналъул имамзаби гӏурусаздего гӏадин, ханзабазде дандеги рагъде лъугьараб хадусеб заман. 1819 соналда Султӏанахӏмад - ханасул бакӏалда Ермоловас Аваристаналъул ханлъун тола Гебекил вас Сурхай-хан. Амма, чияца тӏамурав чи хӏисабалда, халкъалъ гьесул ханлъи къабул гьабуларо. Рехсараб заманалда хӏакъикъияб ханлъи Аваристаналда билъанхъизабулеб букӏана, жеги жиндир васал балугълъиялде рахинчӏей, россги хун, къороллъуда хутӏарай Султӏанахӏмад-ханасул лъади Баху-бикаца. Аваристаналда бугеб хӏакъикъияб хӏалги хӏисабалде босун, 1828 соналда пачаясул хӏукуматалъ ханлъи бикьула кӏийиде Сурхай-ханасдаги Абусултӏан-ханасдаги гьоркьоб. Гьев кӏиясего кьола полковниказул цӏарал ва чӏезабула 2000 гъурущ щивасе. Цадахъго, ханзабазе ва гьезул гӏагаразе ритӏула къиматал сайгъатал. 1828 соналда Аваристаналъулгун лъай-хъвай гьабизе Россиялъ Хунзахъе битӏараб экспедициялъул баяназда хъвалеб буго Баху-бикал бугин ункъо лъимер: 17 сон барай яс Султанат, васал: Абусултӏан-Нуцал-хан - 15, Гӏумма-хан - 12 ва Булач-хан - 8 сон барал. Жийго Баху йигин гьоркьохъеб гӏумруялъул, цӏакъ чӏаголъи бугей, жиндирго халкъалда гьоркьоб адаб цӏикӏкӏарай гӏадан. Гьенибго хъвалеб буго, ханзабазул рукъзал ругин цогидалго гӏадал ганчӏил гьарурал, кӏитӏалаял ва цо бутӏа лъабтӏалаял, ритӏарал тӏохазул, гордазда цӏер гьечӏел. Персиялъул тӏансабаз къачӏарал. Ханзабазул тахшагьар бугин битӏараб гӏатӏилъиялъул кьурул рагӏалда, 700 минаялъул, къваридал къватӏазул. Исламияб дин къабул гьабилалде цебехун хунз рукӏун ругин христианал. Гьелъие нугӏлъи гьабулин гьабсагӏаталъги мажгиталъул къадалъ гуржи хъваялъул ва хъанчал тӏад рекӏкӏараб чанго гамачӏ букӏиналъ. Хунзахъ бугин исламияб дин магӏарухъ тӏибитӏизабурав, зияраталъе гӏадамал хьвадулев Абулмуслимил хоб. 1834 соналда Дагъистаналъул рагъулаб округалъул начальник Ланскиясул экспедициялъул баяналда Баху-бикае кьолеб буго гьадинаб къимат: Бахуца ханлъи бачунеб букӏанила цӏодорго, цӏикӏкӏараб бажариялда. Гьелда тӏадеги жубазе кколин, гьелъул бахӏарчилъиги. Рагъулъ гьей йихьизе бегьулаанин чода, гъежда туманкӏгун, бахъун хвалченгун, бодул бетӏералда. Гьединаб бажариялъ бижизабун букӏанин гьелдехун мадугьалзабазул адабги ва жиндирго халкъалъул божилъиги. Амма Баху-бикаца жигар бахъулаанин улка бачунев чилъун жиндирго цӏикӏкӏарав вас Абусултӏан-Нуцал-хан вихьизавизе. Гьесие къимат кьолаго хъвалеб буго Нуцал-хан вукӏанин цогидаздаса гӏакълу-лъаялъул батӏаго тӏокӏлъи гьечӏев, щвалде щвараб черхалъул, цӏикӏкӏараб къуваталъул гӏолилав.
Бищунго гьитӏиназе лъазабизе авар алфавит. Школалде иналде улбуз дагьабго тӏадчӏей гьабуни, лъималазе хадуб бигьалъила авар хӏарпалги гьез кьолел гьаркьалги лъазаризе
Дагъистаналда гӏадамазул хьвада-чӏвадиялъул, рукӏа-рахъиналъул гӏадатал цӏакъ цебе заманалдаго рижун руго. Гьелги рижун руго чиясул напс, гьесул тӏадегӏанлъи, вацӏцӏалъи цӏуниялъе гӏоло. Чияда цере багӏарлъизе ккезегӏан, хвей лъикӏилан рикӏкӏунеб буго магӏарулаз. Цо-цо росулъ хутӏун буго жидерго тухумалъул яги росулъа кумек хӏажатав чиясе, цадахъ рахъун, кумек гьабулеб гӏадат. Гьеб гӏадаталда абула гвайилан. Гвай гьабула хурзал рекьулелъул, бачӏин бакӏарулелъул, ригь балелъул, васасе ригьин гьабизе мина къачӏалелъул, цӏоросаролъ чӏучӏунелъул, хурибе рак баччулелъул... Гвай уна рохалилаб ахӏвал-хӏалалда: кечӏ ахӏула, кьурдула, махсара-хочӏ гьабула. Къаралаз гьабула гьадинаб махсара: рак баччун лъугӏигун, гӏундулги рухьун, хӏама гвайдул бетӏергьанасда цебе гъола. Гьелъул магӏна ккола: гвайги лъугӏанин, кваназе заманги щванилан абураб. Рикӏкӏадаб сапаралдаса вуссарав чиясда гьикъаризе рачӏунеб гӏадат буго гӏемерал росабалъ. Тӏаде рачӏаразе бакӏги кьун, гъоркь рукӏарал нахъеги уна. "Киве аниги, рукъалде лъикӏ вачаги, мурад тӏубан, вуссаги!" – ян абула нахъе унелъул. Чӏужугӏаданалъулгун къо-мех лъикӏ гьабулаго: "Дур рекӏел мурадал тӏураги!" – ян абула. Сапаралдаса вуссарав чиги, жив росулъ гьечӏеб заманалда хвел-гӏел ккун бугони, кӏиго-лъабго гӏагарав чиги цадахъ вачун, зигара яги рахьи базе унеб гӏадат буго. Зигара балелъул, абула: нахъе балагьалдаса цӏунун таги; иманалда тӏовитӏарав ватаги; алжан къачӏазе арав ватаги, нахъе ругезе гӏумру кьеги... Унтарасда аскӏоса нахъе унелъул абула: Аллагьас кумек гьабеги; дун арав гӏадин, чорхолъа унтиги аги; Аллагь гурхӏаги; унти бигьалъаги... Сапаралдаса вуссарав нагагьлъун зигара-рахьи базе вачӏинчӏони, къварилъи ккараз яги рохел бугез гьеб рикӏкӏуна жал малъилъ гьарунгутӏилъун. Гьанир рицун ругелги цогидалги умумузухъан нилъехъе щварал лъикӏал, берцинал, цоцалъ гьуинлъи цӏикӏкӏинабулел гӏадатал нилъеца цӏунизе ккола, хвезе тезе бегьуларо.
Щиб росулъ тӏобитӏараб рохалилаб данделъи гьаб букӏарабали лъаларо. Бихьулеб буго Хӏамзатил Расулил 100 сон тӏубаялде гьабураб букӏин. Кӏудиязги гьитӏиназги гъираялда гӏахьаллъи гьабун буго. Росдал гӏадамаз рихьизарулел руго гӏадатал: бертадул, лъимер гьабиялда хурхарал, иццухъе гӏертӏал росун ин, свакарав нухлуласе лъим гьекъезе кьей, гвай бай ва цогидалги. Гьединго рихьизарулел руго батӏи-батӏиял пишаби: дадица щар чӏвай, квас сами, кун дургъи, харил магьалги раччун, рачӏунел руччаби, сургу бахъун, цӏулал гӏер цӏвакизаби... Гьадинал росабалъ гьарулел данделъабаз, гӏадамазда гьоркьоб вацлъи, гьудуллъи, гьуинлъи цӏикӏкӏинаби гурониги, кумек гьабула гӏун рачӏунел гӏелазда нилъер Авар халкъалъул тарихги маданиятги лъазабизе.
Хасалихълъиялъул къо букӏана. Кӏудадаги росулъе ун, гьев вуссиналде гӏакаги бечӏчӏун, болъодухъан яхуней йикӏана Насрудинил кӏодо. Гьелда рагӏана къункърабазул гьаракь, рикӏкӏадасан гьороца босун бачӏунеб. Гьебсагӏат танкан гӏодой чӏана Марям болъодул хӏокӏида. Гьадал къункърабазул гьаракьалъ гьелда ракӏалде щвезаруна рикӏкӏадаб Белоруссияги гьениб гӏагараб росуги. Доя гӏуна гьей, доба ана гьелъул лъимерлъи. Инсуца гьабураб цӏулал къункъра букӏана гьезул нуцӏида тӏадбитӏун тӏохда чӏван. Бачӏана чӏегӏераб балагь: байбихьана рагъ. Рагъде ана эменги цинги гьей жийгоги... Рагъ лъугӏун хадуб, росулъе щведал, риххарал къадазул ганчӏаздаги рухӏарал цӏулал кесказдаги гьоркьосан баккун батана гьелда гьеб къункъра, куркьбалги чӏурхӏ-чӏурхӏун. Гьебги каранде къан, чӏвадний гӏодой чӏана гьей ва рогьинегӏан гӏодана. Гьелда цадахъ вукӏарав кӏудададаги макьу щвечӏо. Радал гьес абуна: "Магӏарухъе рилълъина, Марина. Доба буго гьанже дирги дурги гӏагарлъи". "Марямилан ахӏулеб кӏудадал гьаракьалъ рекӏеде ячӏинаюна болъода кӏусун йикӏарай гьей, — балагье дида батараб гьайбатаб къункъра" — ян абун, кӏудадаца гьелда цебе ккуна хъахӏаб кӏудияб хӏинчӏ. Кӏодоца, йохуца холаго, лъимер гӏадин, кодобе босана къункъра. Ругъунги къачӏазе, даруги гьабизе, рокъобе бачана.
Къункъра - стерх, белый журавль. Цӏакъго къадар дагьлъиялда бан, Дунялалъулго Багӏараб тӏехьалде босун буго гьеб хӏинчӏ. Цо яги кӏиго хоно лъола къункъраялъ, амма их квачараб бачӏани, гьелъ цониги хоно лъоларо ва тӏанчӏи рахъуларо.
Гьадинаб гьечӏони пайда щиб лъимерлъиялъул Телефоназги компьютеразги махсароде кколел руго гӏемерисел лъимал. Лъималазе кколеб тарбия кьезе регӏун толел эбел-эменги гьечӏо.
1828 соналъ Дагъистаналъул тӏоцевесев имамлъун ккана Генуса Гъазимухӏамад. Гьес хӏукму гьабула, Аваристаналъул ханзаби жанир чӏараб тахшагьар букӏиналъ, кьаби Хунзахъ росдада щвезабизе. Хӏисабалде босун букӏуна ханзабазул гӏурусазулгун лъикӏаб гьоркьоблъи букӏинги, Аваристан кверде босани, Дагъистанги жиндаго хадуб цӏазе бигьалъизе букӏинги. 1830 соналъул май моцӏалъ, 8000 муридасдасан данде гьабураб богун, Хунзахъе Харахьисахун вачӏунев Гъазимухӏамадица рещтӏен гьабула Гӏахьалчӏи. Хундерил тӏалъи теян Баху-бикаца жиндихъего витӏун вачӏарав вакил Султӏан-хӏажи, Гъазимухӏамадица нахъ вуссинавула. Гъазимухӏамадица Баху-бикахъе ва гьелъул вас, хундерил хан Абусултӏан-Нуцалихъе, хунз жиндехунго руссин ва гӏурусазде данде гьабулеб гъазаваталде гъорлъе журай тӏалаб гьабун, витӏула гендерил дибир Хӏариколоса Хӏасанилав. Хундерица инкар гьабула имамасул тӏалаб тӏубазе. Гьеб киналдасаго хадуб байбихьула имамасул бодул Хунзахъ росдаде гьужум. Гъазимухӏамад росдаде тӏаде кӏанцӏула койсубулиялъулазул (Унсоколо мухъалъул) бетӏерлъиялда, севералъул рахъалдасан, гьесул божарав гьалмагъ Шамил - гумбеталъулазул бетӏерлъиялда - бакътӏерхьул рахъалдасан. 700 чиясде гурони къадар бахунареб хундерил бо къазе ккола нахъе. Муридзабазул къокъа борчӏула росулъе жанибе. Гьеб бихьарай Баху-бикаца, тӏохдеги яхун, ахӏула: "Тӏаргъал лъечӏого, чӏинчӏо чӏвай нужеца", - ян. Гьеб ахӏиялъ яхӏ гъурал хундерица байбихьула, гьадингоги цӏикӏкӏараб гъира-цӏаялда рагъде рахъинчӏел, муридзаби нахъ чӏвазе. Гьебго заманалда муридзабазда гьоркьоб хабар тӏибитӏула, гумбеталъулал имамасе хилиплъанин ва койсубулиял хундерил рахъалде анин. Муридзабазул бодулъ лъугьараб бихха-хочиялдаса пайдаги босун, хундерица кьаби щвезабула гьезда ва хъамула росулъа къватӏире. Лъабкъого муридгун ханзабазул кӏалгӏабахъе ворчӏун вукӏарав Шамил, тӏаргъида сверун къараб чалмаги бахъун гӏодобе реххун, чӏвазехъин вукӏуна хундерица. Гьевги гьесдаго цадахъ асирлъуде ккаралги хвасар гьарула хундерил къади Нурмухӏамадица. Хӏурмат тӏокӏав жидерго къадиясда нахърилъарал хундерица, Нурмухӏамадил гьариялда рекъон, Шамилги гьесул гьалмагъзабиги риччан тола. Гъазимухӏамадида тӏад бергьенлъи босиялъулъ жиндирго бажари бихьизабула гӏолохъанав Абусултӏан-Нуцал-ханас. Гьелъул хӏасилалда, Кавказалъул командующий генерал Паскевичас Абусултӏан-Нуцал-ханасе кьола къиматал сайгъатал, байрахъ, тӏолабго Авариялда тӏад ханлъиялъе грамота.
Ассалам гӏалайкум, хӏурматиял. Рорчӏами киназего Гьаб канал буго гӏицӏго лъималазе пайдаялъе гӏуцӏараб ва бокьани, кӏудиязги пайда босизе. Цо дица ургъарабги гьечӏо гьаб, чанго чи тӏад рекъон, лъималазе пайда букӏинин ургъараб буго. Аслияб мурадги букӏана гӏун бачӏунеб гӏелалда лъалареб, школалдаги лъазе рес гьечӏеб нилъерго Авар халкъалъул тарих лъазаби, гьеб тарих машгьур гьабуразул бицин, нилъер умумузул гӏамалалъул, гӏадатазул бицин, авар мацӏ лъазабиялде рокьи бижизаби. Нилъ чанго районалде рикьун ругониги, гьоркьосан гӏурхъи чӏван, Цӏоралъул аварал рикӏкӏад гьарун ругониги, нилъ киналго руго цо АВАР халкъ, Аварал, чанго азар сонилаб тарих бугеб. Батӏи-батӏиял нилъер росабалъа лъималазул рачӏуна ритӏун видеоял, суратал, гьезул гьитӏинал ратаниги кӏудиял ратаниги гьунарал рихьизарурал. Гьеб лъикӏ буго. Биччанте батӏи-батӏиял бакӏаздаса лъимал цоцазда рихьизеги рагӏизеги. Кӏудияб гьари буго, хъваге гьел видеоязда гъоркь комментариял, цӏалани лъимадул ракӏ бекулеб. Хъвай нужеца дихъе жеги тӏадеги щиб гьабуни, щиб ургъани лъикӏ букӏинебали. Баркала Аллагьас киналго лъималаздаса рохун таги.
Эбелалъ Хӏажиясе къотӏи гьабун букӏана, кӏудияв гӏураб мехалъ школалде витӏилин. Гьединлъидал Хӏажиясе бокьун букӏана хехго кӏудияв гӏезе. Гьес щибаб къоялъ эбелалда гьикъулаан: — Гьанже дун кӏудияв гӏун вуго гури, эбел. Жакъа цӏализе витӏиларищ? — Цо дагьавги кӏудияв гӏезе, хӏаракат бахъе, дир вас. Жеги гьитӏинго вуго, эбелалъул, — абун жаваб кьолаан эбелалъ. Эбелалъул рагӏаби Хӏажиясе рекӏее гӏечӏо. Гьес абуна пашманго: — Кӏодоца абуна гури дун кӏудияв гӏун вугилан. Гьале хьиталги гьунел гьечӏо дида. Инсул гӏадал росизе ккела. Эбел гьимана ва кигӏан Хӏажиясе бокьичӏониги, гьесие кумек гьабизе ккана. — Гьинищха, дир вас, дуца кваранаб хӏатӏида квегӏаб хьит ретӏунеб бугеб мехалъ? Хӏажияв вуцӏцӏун чӏана. Цо къоялъ эбел къватӏиса ячӏиналде Хӏажияв, бохалде бохги бахинабун, рагъида гӏодов чӏун ватана. Гьесда ретӏун ругоан инсул чакмаби. Тӏад лъун бугоан инсул тӏагъур. Тӏибитӏизабун цебе ккун бугоан газета. Гьес тӏаде щварай эбелалъул халцин гьабичӏо. --Лъимал!.. Лъимал!.. — ан абуна Хӏажияс. — Бихьуларищ нужеда дун газета цӏалулев? Бизарлъичӏого рукӏа нуж. Чӏалгӏани, доре къватӏире а расандизе. — Вай, гьавго щив кколев? Эмендайилан йикӏанин. — Гьав вас вуссинаве цо! Дун газета цӏализе толев гьечӏин гьас. — Гьанже цӏакъго кӏудияв гӏун вуго гьав. Цощинаб, эменилан ккун, школалде виччачӏого теладай? Хӏажияв тӏуркӏана. — Школалде унеб мехалъ дирго тӏагъур лъела гури, баба, дица. —Цо дагьав чорокав гьечӏевани, гьанже мун школалде витӏизе бегьилаан. Чорокал лъимал риччалароха школалде. Гӏемер гьардон гурони, беркӏал чуруларев Хӏажияв, тӏокӏаб калам гьабичӏого, гьумер чуризе ана.
Иргадулаб мугӏалимзабазул руцӏцӏеналда Цӏоралъул вакилзаби - Къокъазул Айдинил ва Ибрагьимов Бадрудинил кӏалъаял. Гьитӏинал аваразул эбел-инсуе насихӏат
Имам Гъазимухӏамад чӏвана 1832 соналъул 17 октябралда, пачаясул аскараз Генуб росу кодобе босулаго. Гьоркьоб гӏемераб заман иналде Дагъистаналъул кӏиабилев имамлъун вищана Гьоцӏалъа Хӏамзат. Хӏамзат вукӏана цо заманаялъ хундерил къади Нурмухӏамадида цеве цӏаларав, лъикӏ гӏараб мацӏ ва гӏелму лъалев чи. Хӏамзатил эмен Кӏудияв Гӏалисканди жиндир заманалда вукӏана Авариялъул ханзабазул вазир ва гӏакълучи. Цевесев божарав чиясул вас хӏисабалда, Хунзахъ цӏалулел соназ Хӏамзатица гӏумру гьабуна ханзабазул кӏалгӏабахъ. Гьоцӏалъ 12 000 чиясдасан боги данде гьабун, 1834 соналъул августалда Хӏамзат лъугьана Хунзахъе. Гьес жиндирго къайи чӏвала Тобтида, тӏалаб гьабула хундерица шаригӏат къабул гьаби ви гӏурусазулгун гьоркьоблъи къотӏизе тей. Нурмухӏамад-къадил бетӏерлъиялда, Баху-бикаца ритӏун рачӏарал вакилзабазе, Хӏамзатица загьир гьабула Хунзахъе шаригӏат бичӏчӏизабизе гӏалимчи витӏизе разилъи ва божилъиялъе гъоркьлъалие тӏалаб гьавула Бахул гьитӏинав вас Булач. Вачӏарав Булач-хан гьес витӏула Гьоцӏалъе жиндирго вакьад Имангӏалихъе. Хадубги ракълил къотӏи-къаялъе Хӏамзатица жиндихъего тӏалаб гьарула Бахул васал Абусултӏан-Нуцал-хан ва Гӏумма-хан. Хӏамзатил лагералде уна гьоркьохъев вас Гӏумма-хан. Гьев нахъ вуссине кватӏиялъ рахӏат хварай эбелалъе бокьула хадувги цӏикӏкӏарав вас Абусултӏан-Нуцал-хан витӏизе. Гьеб мустахӏикъаблъун (битӏараблъун) бихьичӏев васасда Бахуца абула: "Аваразул хан бекасда кӏалъай гӏодобегӏанаб жолъун рикӏкӏунеб чӏухӏицин гурищ дур рекӏелъ бугеб, яги дур инкаралъе гӏилла хӏинкъицин гурищ?" - ан. Дуе ахирисев васасдасаги ятӏалъизе бокьунищ бугебан жавабги гьабун, Абусултӏан-Нуцал-хан къого нукаргун цадахъ уна Хӏамзатил лагералде.
Цӏияб Гӏурада росдал ясли-ахалъул церерахъин. Рокъоб эбел-инсуцаги ясли-ахазда ва школазда нухмалъулезги кӏвар кьуни, бигьаго бицуна лъималаз рахьдал мацӏ. Хӏалчӏахъадал!
Нилъее хирияв РасулуЛлагьас (с.гӏ.с) тарал дугӏабаздаса цо-цо гьитӏинал дугӏаби ва къуръаналдаса аятал лъималазда малъизе.
Москва областалъул Королёв шагьаралда яшав гьабун ругел Хунзахъа Иманахӏмадовазул вас, 7-абилеб классалъул цӏалдохъан, Расулица кечӏ цӏалиялъул конкурсалда, нилъер кӏудияв шагӏир Хӏамзатил Расулил кечӏги цӏалун, босун буго кӏиабилеб бакӏ. Баркула РасулидаХаду-хадур бергьенлъаби гӏемерлъаги
Борохьги церги кӏудиял гьудулзаби рукӏанила. Цараца абунила: — Гьаб бакӏ лъикӏаб бакӏ гьечӏо, гьаниб кваназе жоги тӏагӏун буго, рачӏа гӏор бахун дорехун ина. — Дида гӏор бахине кӏоларо гури, — ян абунила борхьица. — Бачӏа, мун дир габуниб жеме, дица баччила мун, — ан абунила цинги цараца. Жемун габуниб борохьгун, цер лъугьанила гӏурулъе. Гьеб борхьил ракӏквешлъи букӏанила царадехун. Гӏурул бакьулъе щвейгун, борхьица, габурги дандекъан, цер гъанкъизабизе къасд гьабунила. Гьебмехалъ цараца абунила: — Гьадигӏан лъикӏал гьудулзаби, цоязда цоязул гьумерги бихьичӏого холел ругоха. Борхьица жиндирго бетӏер цебе баккизе гьабунила. Цараца абунила бихьулеб гьечӏилан. Борхьица бетӏер дагьабги цӏикӏкӏун цебе баккизе гьабунила. Цараца, хапун кӏалалъги ккун, чӏамунила борхьил бетӏер. Гӏурул доб рахъалда, салуда тӏад борохьги лъун, гъоркье квачӏ бегьун битӏизеги гьабун, абунила цараца: —Гьадин битӏараб бокьула дие "гьудул"...
Нилъер умумуз хӏалтӏизабулеб букӏараб щагӏил ва маххул цӏарагӏ. Дад - гӏакдал рахьги жанибе тӏун, гьелъул щар (сливки, сметана) чӏвалаан, хадуб щар гьитӏинаб цӏадутӏа лъун, биинеги гьабун, гьелъул лъугьинабулаан нах (топлёное масло). Гиби - гьоцӏо, ххараб хьон, нах ва цогидабги нигӏмат цӏунизе. Хъаба - лъим, рахь, бетарахь, риди жаниб тӏезе. Гьанга - батӏи-батӏияб кванил нигӏмат жаниб лъезе. Гӏеретӏ (8-10л), гулгун (2-3л), парччи - лъел цӏезе.
Дагъистаналда дандчӏвала 350 батӏияб хӏинчӏ, гьездаса 60-гӏанасеб хӏинчӏ Багӏараб тӏехьалде босун буго. Анцӏ-анцӏ батӏи-батӏияб хӏинчӏалъ гӏумру гьабула Дагъистаналъул мугӏруздаги гӏатӏиракьалдаги. Хасго бищун гӏемер хӏанчӏи рукӏуна кваназе жо гӏемераб Гъизляралъул бугъазалда (Кизлярский залив). Нужеда лъалищ... мугӏрузул цӏумалъул куркьбузул хьвагӏиялъул халалъи 2,5 - 3 метраялде бахуна; хъвекцӏумалда гӏадамасда гӏадин, батӏи-батӏиял кьерал рихьула, гьелда кӏола 6-8 кг тӏад бугеб давла эхеде борхизе; хъиргъу (сапсан) буго дунялалдаго бищун хехаб (320 -385 км/ч) ва берзул канлъи лъикӏаб хӏинчӏ; щурка рикӏкӏуна бищун берцинаб хӏинчӏлъун, амма найихъабазул тушман буго гьеб; гозогъартил буго бищун кӏудияб гозо, гьелда жанибе уна лъабго ведрогӏанасеб ччугӏа; тувадахъ буго бищун кӏудияб хӏинчӏ Дагъистаналда гуребги, тӏолго Россиялдаго.
Живго гьитӏинав гьунар кӏудияв, аваразул вас Гӏамир, гьаб видеоялда нужеда вихьулев, ккола Гӏахьвахъ мухъалъул Местӏерухъ росулъа. Гьесул эмен Черем, 2018 соналъ хъизан-лъималги рачун, гочун уна Англиялде яшав гьабизе. Гӏамирил вуго жеги лъабго вац, гьелги руго спортсменал. Гӏамирил футбол хӏазе бугеб гьунар бихьула дунялалдаго цӏар рагӏараб "Манчестер Юнайтед" абулеб футболалъул клубалъул тренер Алекс Фергюсонида. 2022 соналъул сентябралда гьеб футболалъул клубалъ Гӏамирилгун хъван буго контракт. Гьесул футбол хӏазе кутакаб гьунар бугин кӏудияб къимат кьолеб буго футбол бокьулез. Футбол хӏазе гурониги, берцинаб гьаракьалъ хирияб Къуръаналъул аятал цӏализе, гьесул гьунар букӏин нилъедаги бихьулеб буго. Ма ша Аллагь Гӏамирие буго 15 сон, Аллагьас хъван батани, бищунго цӏар рагӏарал футболистазда гъорлъ цӏар рехсолевлъун вахъина гьев. Аллагьас Гӏамирил ракӏалда ругел мурадал тӏуразареги